Ссылки для упрощенного доступа

КНДРалъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаязул планал гьечIо


Шималияб Кореялъул интерес гьечIо Ираналъул ядерияб программаялда хурхун тIоритIарал гIадал жидерго ядерияб программаялда сверун калъа-басаязде.

Гьелъул хIакъалъулъ талат къоялда лъазабуна гьеб улкаялъул КъватIисел ишазул министерлъиялъ. Лъазабиялда абулеб буго, Шималияб Кореялъул ядерияб потенциал кколин «Пхеньяналда хурхун Цолъарал Штатаз билъанхъизабулеб политикаялда къваригIунеб факторин».

«Кореялъул халкъиябгун демократияб республика ккола ядерияб къуват бугеб улка, ядерияб къуват бугеб улка хIисабалда гьелъул руго жиндирго интересал», - ян абулеб буго къватIисел ишазул идараялъул лъазабиялда.

14 июлалда Ираналъги дунялалъул асар кIудияб анлъго пачалихъаллъги гъулбасана Тегераналъул ядерияб программа чIезабиялда хурхараб къотIи-къай. Гьелъухъ халкъаздагьоркьосеб жамгIияталъ тамахлъизарулел руго Ираналде данде лъазарун рукIарал санкцияби.

Шималияб Кореялде дандеги гьелъ жиндирго ядерияб ва баллистияб ракетазул программаби халат рахъинарулел рукIиналда хурхун ООНалъ, Евроцолъиялъ ва Цолъарал Штатаз лъазарун руго батIи-батIиял санкцияби.

XS
SM
MD
LG