Ссылки для упрощенного доступа

Бусурбабазе лъай-хъвай гьабизе рес кьун буго


КIиго ва цIикIкIун руччаби рачиналъе цIияб рес кьолеб хасаб приложение хIалтIизе биччан буго Дагъистаналда. Россиялъул къануназда рекъон гIемер руччаби рачин гьукъараб бугониги, жамгIияталда жаниб тIобитIараб цIех-рехалъ бихьизабулеб бугин, бусурбазе гьеб кIвар бугеб суал бугеблъийин абулеб буго гьелъул гIуцIцIарухъабаз. Экспертазул пикруялда, жамгIият тIубан хIадураб гьечIо гIемер руччаби рачин къабул гьабизе, амма дагь-дагькку гьеб тIибитIулеб буго.

Дагъистаналда хIалтIизе биччан бугин приложение, тIоцеесей яги кIиабилей чIужу ятизе рес кьолеб, гьелдаго цадахъ, диниял шартIал ва гIадатал цIунулеб, ай, суратал ва кинабго информация бахчараб гьеб бихьизе ясалъ яги васас хIукму гьабизегIанин лъазабулеб буго «LifeNews» сурсаталъ.

Россиялъул къануналда рекъон, гIицIго цо гурого чIужу йикIине гьукъун бугониги, тIоцебесеб сон гурин бугеб гIемер руччаби рачиналъул институт Шималияб Кавказалъул республикаязда цебе тIолеб бугелдасайин абулеб буго гьеб проекталда тIад хIалтIи гьабуаб къокъаялъул нухмалъулев Арсен Гъазибеговас.

БачIинахъего, гьеб приложение тIибитIанила Европаялъул улкабазда ва Америкаялда, гьенир ругел бусурбабазе бухьенал гьаризе рес букIиналъе жидерго миллатцоялгун, амма цIех-рехал тIоритIулаго, дагь-дагьккун лъанила гьезие ригьнал гьариялъул суалги кIвар бугеб букIин.

Дагъистаналда гьеб приложение хIалтIизе биччаялъе гIилла бугила гьенир ругел гIадатал ва шартIал киналгIаги бусурбабаз гIумру гьабулел регионазда ругелдаса кьварарал рукIин, гьелъ, Дагъистаналда жамгIияталъ гьеб къабул гьабунани, цогидал регионаздаги гьелъие лъикIаб къимат кьей мухIканаб бугин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Гъазибегов Арсеница.

Гъазибегов Арсен: «Гьеб проект гIуцIилалде, нижеца тIоритIана цIех-рехал кинаб приложение гIадамазе хIажат бугебали. Гьедин баянлъана ватIан тун ругел гIадамазе цогидал жалго гIадал гIадамалгун бухьенал гьари кIвар бугеб букIин. Россиялдаги, СШАялдаги, Европаялъул улкабаздаги гIумру гьабун ругел гIадамазда гъорлъ тIоритIана гьел цIех-рехал. Гьединго мигрантазул кIвар бугеб суаллъун кколеб букIана ригьнал гьариялъул суал».

Арсеница баян гьабухъе, мобилияб приложениялъул аслияб шартI кколеб буго гьелъ гIадатал хвезарулел гьечIолъи консервативияб гIуцIи бугел жамгIиятазул, ай бусурбазе цин лъай хъвай гьабиладде сурат гуреб, гьезул бербалагьиял ва тIалабал данде кколел рукIин кIвар бугеб кколила. Россиялда гьеб приложение биччалелде цин дандбанила РухIияб идараяда, гьез гьарурал тIадкIалъаялги хIисабалде росанила жидецайин баян гьабуна гьес

Арсен Гъазибегов: « Нижеца исламиял университетазда ва рухIиял идарабазда бихьана гьеб проект, гьабсагIат ниж хIалтIулел руго гьеб приложениялъе «ХIалал» абураб марка щвеялда тIад, цинги гьеб продукт исламиял пачалихъазда цебебоси гьабизе буго.

Дагъистаналда гьеб программа хIалтIизе биччаялъе аслияб гIилла буго нижер къокъаялъул чагIи киналгоги Шималияб Кавказалдаса, Дагъистаналда рукIин. Гьеб продукт Дагъистаналда лъикIаблъун рикIкIанани, гьеб киназго лъикIаблъун рикIкIине буго. Цогидал исламиял регионазул бусурбабазул гIадатал Дагъистаналда хIалтIулездаса кьварарал гьечIо».

Светияб хIукматалда гIумру гьабун ругониги, жакъа кIиго чIужу ячин тIибитIун бугин, гьеб цо рахъалъ хIажатабги бугин абулеб буго жамгIия хIаракатчи, дунялалъулго Бусурбабаззул гIуцIиялъул вакил ГIабас Къебедовас.

Ругила гIемер гIунгутIаби, балъго руччаби рачин руччаби рачун риччан гьарулел чагIи, гьел кколила жидеего данде кколеб исламалдаса босун, хутIараб толел гIадамал, амма хIакъикъияб полигамиялъул институт цебетIелъ жамгIияталъул гIемерал гIузраби лъугIизаризе ругин абулеб буго гьес.

ГIабас Къебедов: «Ислам лъай дагьаб буго, бихьинал руго мугжулги риччан такъиябиги лъун, руччаби рачун риччан гьарулел. Исламалъул асар гьелда гъорлъ букIине ккола, кепалъе рачунел руго руччаби, гьел хьихьулел гьечIо, жакъа базарабаздаса гIебеде руго руччаби хIалтIулел, бихьиназ гьечIо гьезие ризкъ кьолеб.

Цогидаб рахъалъ жамагIат хIадур гьечIо, гьеб къабул гьабизе, социялияб шартI буго гьелд гъорлъ. Масала. Цоялъ абулеб буго вацас абунила мун хьвадулелй йикIин рагIани чIвазе йигин, гьей хIинкъизаюн вацас, щивгун кIалъачIогон, ячуне чиги ккечIогон рокъой хутIунйиго.

Гьанже гьелъие 40 сон буго ва гьей балъгоцин росасе ине хIадурай йиго. Гьелдасан бихьула социалиябгун жамгIияб даражаялда ва рухIияб идараялъул даражаялда гьеб суал борхани, гьеб мухъде бачIине буго дагь-дагьккун».

Гьанибго абизе ккола, дагьаб цебегIан Чачан республикаялъул нухмалъулес пикру кьун букIанин Чачан, Дагъистан ва Ингушетия гIадал республикаязе гIемер руччаби рачине изну кьезе. Къадировас гьеб пикру баян гьабулаго лъазабуна жакъа цогIаги чи гьечIин цогидал руччабигун рухьенал камурав, бусурбанчиясе гьеб гьукъараб бугин ва рекъараб бугин кIиго яги цIикIкIун чIужу ячине рес бугони.

МахIачхъалаялъул Джума мажгиталъул имам МухIамадрасул СагIадуевас «Регнум» сурсаталъе лъазабун букIана гIемер руччаби рачине изну кьезе кколин къануналда, гьелъ демографияб хIал лъикIаб рахъалде хисизаби гуребги, руччабазе социалияб цIуна-къай кьолилан.

Гьанибго абизе ккола, ВЦИОМалъ гьаб соналъул май моцIалда тIобитIараб цIех-рехалъ бихьизабун букIана, бусурбабаз гIумру гьабулеб регионазда гIемер руччаби рачиналъул рахъ гIицIго 42 процент гIадамаз кколеб букIин.

XS
SM
MD
LG