Ссылки для упрощенного доступа

Евроцолъиялъул саммит гьатIан къоялда тIобитIичIо


ГьатIан къоялда тIобитIизе ракIалда букIараб Евроцолъиялъул пачалихъазул саммит нахъе бахъана, лъазабухъе, Афиназе финансазул кумекалъул лъабабилеб пакет кьеялда сверун кIалъа-басаял цIакъ захIматго унел рукIиналда хурхун.

Цебесеб къоялда хIасилал кьечIого гьоркьоб къотIизабун букIараб еврогруппаялъул финансазул министразул кIалъа-басаял халат рахъинаруна гьатIан къоялда Брюсселалда. Европаялъул мажлисалъул бетIер Дональд Тускица лъазабуна, «еврогруппаялъул лидераз гьатIан къоялъул кIалъа-басаял халат рахъинаризе ругин хIасилал щвезегIанин».

Европаялъул политикиял къокъабазул хIинкъи буго, Афинабигун цо пикруялде рачIине бажаричIони, Греция еврозонаялдаса нахъе инее ккезе бегьиялъул.

XS
SM
MD
LG