Ссылки для упрощенного доступа

Бихьилищ нилъеда 3 миллиард гъурщил эффект?


ТIалъиялъ рахъкколеб буго жамгIиял гIуцIабазул, гьелъие нугIлъи гьабула исана тIалъиялъ гьезие 3 млрд гъурущ биччаялъги. Гьедин бицана 10 июлалда Шималияб Кавказалда улкаялъул президентас тарав вакил Сергей Меликовас Гъарачаязулгун Черкессиялда тIобитIараб форумалда.

Цебе-цебе жеги кьолаанин жамгIиял гIуцIабазе гIарацилан биц ЭР-лъе Каспийскалдаса жамгIияй хIаракатчIужу Лейла ХIамзатовалъ. Гьанже тIаса къотIун бугила. Амма гьелъ бицухъе, гьеб ккола жамгIияб палатаялдасан рикьулел грантазухъ щолеб гIарац. ГIемерисел гьел щолел руго пачалихъалъул рахъалда ругел гIуцIабазе. Ялъуни цо цIакъго цере кIанцIичIого чIаразе.

Амма жиго Лейла ХIамзатовалъ бицана гIезегIан лъикIал хIалтIаби хъван рукIанин Дагъистаналдасан. Амма гьелъ рехсарал гIуцIабазул цIарал республикаялда къанагIатги рагIуларо. Гьез гIолилазда гьоркьоб гьабулеб хIалтIиги бихьуларо.

Лейлал рахIатхвезабулеб хIужа цоги буго. ЖамгIиял гIуцIабазда гьоркьор гIемер дандчIвалин гьенир рукIине кколарел чагIийин рикIкIунеб буго гьелъ. Гьелъ жинцаго цодагьаб цебегIан гIуцIана беццазе кумек гьабулеб гIуцIи. Бокьун буго жеги эбел-инсуца рехун тарал лъимал хьихьизе рачунеб гIуцIи рагьизеги.

Лейла ХIамзатова: «Дида бичIчIуларо гьагъабгунияб гIарацги харж гьабун, гъобгунияб документ-квараги бакIарун гъол жамгIиял гIуцIаби щай гIадамаз жидедаго тIад хъвалелали. Дие къваригIун букIана жамгIияб гIуцIиялъул цIаралдасан грант щвезелъун, цо хIалтIи хъвазе. Амма гьечIеб бакIалда жамгIияб гIуцIиялъул хъвай-хъвагIай бачIинахъего гьабуларо юстициялъул министерлъиялъ, гьединлъидал балагьун чIезе заманги букIинчIого, дица цоясда абуна дур жамгIияб гIуцIи дихъе кьейин. Гьединги щибниги хIалтIи гьабулеб гьечIин дуца гьелъул цIаралдасан. Дуца гьеб гIуцIиялда лъураб цIарги рекIее гIунин дие, гьелъул программаги бугин лъикIаб. ХIисаб гьабеха дуцаго, 2009 соналдаго гIуцIун буго гъос гъоб, Гъизилюрталда хъвай-хъвагIайги гьабун.

Щибизе гъосие гъоб, щибниги хIалтIиги гьабулареб мехалда. Цо кварталалда жаниб чанго батIияб идараялде хIисаб кьун кагъталги ритIизе ккола гьединал гIуцIабазул бетIергьабаз. ДИда лъалелъул гъосухъа гъоб гьабун бажарулареблъи. Кье дихъейин гьаридал, тIир-тIирун чIана, кьеларилан. Гьелъухъ щибила жиндие дуца кьелеб? Гьеле гьединаб бичIчIи буго жамгIиял гIуцIабазул бетIергьабазул гIемерисезул. Заманалдасан жидее гьелдалъун щибниги щвезеги рес бугин, хъвай-хъвагIай гьабун букIайин толеб батилаха гъоз гъоб. Цинги гьединал чагIийин гъол гIемерисеб мехалда эхе-эхедеги кIанцIолел жидее кумек гьабулеб гьечIилан. Кин гъозие кумек гьабулеб? Кумек гьабизе жидеца цогидазе щиб гьабулеб бугеб?»

«Дагъистаналъул улбул» абураб гIуцIиялъул нухмалъулев Светлана ГIисаева кватIун йиго исана грант щвезе документал ритIизе. Амма кватIичIеянигицин, жидее гьеб щвей щакаб букIанин кколеб буго гьелда. Щайин абуни гIемерисеб мехалда гьеб гIарац пачалихъалъул рахъалда ругел гIуцIабазе щолила. Масала, исана грант щун буго «Солдатазул улбул» абураб гIуцIиялъе.

Гьебги республикаялъул рагъулаб комиссариаталда цебе бугеб гIуцIи ккола. Къанун цIунулезул гIайибалдалъун араб бакI лъачIого тIагIунел ругин гIолохъаби, гьединго туснахъазда гIакъуба кьолеб бугин гьезиеян ахIи балеб «Дагъистаналъул улбул» абураб гIуцIиялъулин абуни рахъ кколеб бихьичIо тIалъиялъ. Гьединго цо заманалда гьеб гIадаб гIуцIиялда цIарал лъезе байбихьана букIана къватIиса пачалихъазул агентал ругин нужилан, щайин абуни Даниялъулги, Швециялъулги, цогидазулги гIарцуде грантал щолел рукIиналда бан.

Гьединлъидал гьадинаб пикру буго Светлана ГIисаевалъул.

Светлана ГIисаева: «Цо рахъалъ ниж тIалъиялъ жидецаго тIамулел руго къватIиса пачалихъазул агенталлъун рукIине, цогидаб рахъалъ босани, жидецагоги кьолеб гьечIо гIарац».

ТIалъиялъ жамгIиял гIуцIабазул рахъкколеб бугин Сергей Меликовас Гъарачаязулгун Черкессиялда тIобитIараб форумалда абураб пикруялдаги разилъизе бачIунеб гьечIо Светлана ГIисаевалъе.

Светлана ГIисаева: «БитIараб бицани, цониги нухалда загьирлъичIо гьез рахъкколеб букIин. Республикаялъул нухмалъиялда МухIамадсалам МухIамадов вугеб заманалда цодагьа-макъаб хIалтIи гьабулеб букIана гьеб рахъалъ. Нижехъ гIенеккулелги рукIана, данделъабазде ахIулелги рукIана. Амма гьанже гьедин гьечIо. Республикаялъул бетIерас абулеб убго щиб хабарин гьезда бицинеб. Дагьал гьечIелъулха гIумрудулъ битI ккечIел, мекъи нухдасан арал гIадамал. Гьел битIараб нухде ккезаризе ккеларищ. Амма гьезда бицине хабар гьечIин абулеб буго дос».

ПалхIасил, цеехун бицен гьабурай жамгIияй хIаракатчIужу Лейла ХIамзатовалъ бицана лъие кьуниги кьолеб бугин хIукуматалъ гIарац, амма гьелда рекъараб хIалтIи гьабулеб бугищали кIварго кьолеб гьечIилан.

XS
SM
MD
LG