Ссылки для упрощенного доступа

Ираналъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаял халат рахъана


Итни къоялда Венаялда асар кIудияб анлъго улкаялъул къватIисел ишазул министраз халат рахъинаруна Тегераналъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаял.

Ираналъул, Цолъарала Штатазул, Россиялъул, Китаялъул, Британиялъул, Франциялъул ва Германиялъул дипломатал хIалIулел руго къабул гьабизесеб къотIи-къаялъул деталазда тIад.

Гьеб къотIи-къаялъ хIасилалдаги рачине ккола гражданиял проектал тун, Ираналъул ядерияб программаялда чIван къотIарал горхъаби чIезариялде. Гьелъухъ халкъазда гьоркьосеб жамгIияталъ Тегераналдаса нахъе рахъизе ккола санкцияби.

Ираналъулгун гьабизе бегьулеб къотIи-къаялъ рахIат хвезабун буго Израилалъул. Грециялъул къватIисел ишазул министр Никос Котсиосилгун гара-чIвариялда Израилалъул премьер-министр Беньямин Нетаньяхуца лъазабуна, къотIи-къаялъ гIагсалда Тегераналъул кверал дагьалъги чучлъизарулин ва гьелъ регионалда ахIвал-дагьалъги хIалуцинабизе бегьулин.

XS
SM
MD
LG