Греция официалияб къагIидаялда лъазабун буго банкрот-улкалъун. Рузман къоялъ Европаялъул финансияб щулалъиялъул Фондалъ лъазабуна Афинабазда кIвечIин налъи бецIизе. ГьатIан къоялъ Грециялда тIобитIила референдум. ГIадамазда тIадаб буго жаваб кьезе - жал разиялищ, гьечIищали кредитораз цере лъурал кьварарал экономикиял тадбираздаса.
Гьеб улкаялъул финансазул министр Янис Варуфакисица абуна халкъаздагьоркьосел кредитораз гьабулеб иш унго-унгояб терроризм бугин.
ТIоцебесеб июлялда Халкъаздагьоркьосеб Валютияб Фондалда бан Греция тIоцебесеб улкалъун ккана дефолталъул ахIвал-хIалалде лъугьараб. Гьелда кIвечIо миллиард бащадгун евроялде бахунеб налъи бецIизе.