Ссылки для упрощенного доступа

Россия Грециялде регIун гьечIо


Москваялдаса хвасарсиялъул гор рехиялъул Афиназул хьулал гIададагосел ругин лъазабулеб буго экспертаз, жакъа Греция налъабазул дефолталде ккун букIин ракIалдеги босун.

Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас 29 июналда лъазабун букIана Москваялъул ургъел ккун бугин Грециялъул дефолталъ тIолабго Евроцолъиялъе зарал ккезабизе бегьиялда банин.

Амма цере Россиялъул кIудиял хъулухъчагIаз греказул экономикиял проблемабазда хурхун гьарун рукIарал хьулал рижинарулел батIи-батIиял лъазабиязде балагьичIого, Москва гIедегIулеб гьечIо Афиназе финансазулаб квербакъи гьабизе.

«Ренессанс Капитал» абураб гIуцIиялъул Россиягун СНГялъул группаялъул бетIерияв экономист Олег Кузьминица абулеб буго, жиндир пикруялда, Россиялда халкъаздагьоркьосел партнеразе кумек гьабизе бажаризе букIин щакаб жо кколин.

Гьесул рагIабазда, гIицIго гъоркьиса жиндирго резервазул 100 миллиард доллар камуна Россиялъе.

Олег Кузьмин: «Россиялъул нухмалъиялъ сигнал загьир гьабулеб буго, цебесеб соналъ камураб резервазул I00 миллиард доллар нахъе буссинабизе къваригIун букIиналъул ва Россия жибго жакъа захIматал шартIазде ккун букIиналъул. Гьанже гIодобе ккараб нартил багьабазул фоналда Магърибалъул санкциязул баклъи баччизе ккун бугеб Россиялда гьоркьохъеб перспективалда жиндирго халкъадагьоркьосел партнеразе кумек гьабиялъул ресал Москваялъул рукIиналъул кIудияб щаклъи буго».

Политологазги кIвар буссинабулеб буго, Москваялъул жиндего Афиназул хьулал рижинариялъул хьвада-чIвади букIараблъиялде.

Грециялъул премьер-министр Алексис Ципрас 19 июналда Евроцолъиялъул рахъалдаса жидерго коллегабазулгун налъабазда сверун кIалъа-басаязде иналъул бакIалда экономикияб форум тIобитIулеб Санкт-Петербургалде ана. Гьениб Путиницаги Ципрасицаги гъулбасана Туркиялдасахун цIалеб газалъул рогIоро баялда Греция гIахьаллъиялъул хIакъалъулъ моморандум.

Грециялъул премьер-министр Алексис Ципрасил «Сириза» партия рищиязда бергьун хадуб чанго къоялдаса, Москваялде данде гьарулел санкциязул пайда гьечIолъиялъул пикру Афиназ загьир гьабурабго, CNBC телеканалалъе интервью кьолаго Россиялъул финансазул министр Антон Сиулановас лъазабун букIана, Грециялъ гьанжеги Москваялдаса кумек гьаричIин. Амма, гьединаб гали Афиназ гьабуни, Россиялъ гьоркьоб лъезе бегьулин Грециялъе финансазул кумек гьабиялъул суалин.

Россиялъул пачалихъалъул чанго кIудияв хъулухъчияс Греция БРИКалде гъорлъе лъугьине бегьиялъул пикруцин загьир гьабулеб букIана дагьалъ цебе.

Греция налъабазул дефолталъул кIалтIе щолеб мехалда Афинабазе кумек гьабиялъул пикраби загьир гьариялъул энтузиазм гIодобе кканин, рикIкIунеб буго буго экспертаз.

Москваялъ Афиназе финансазул кумек гьабизе бегьиялъул пикраби раккиялъе квербакъи гьабун батизе бегьула гьединго лъабго соналъ Россиялъ гьебго Евроцолъиялде гъорлъе унеб Кипралъе кумек гьабун букIиналъги. Амма Кузминица абулеб буго Кипралда хурхараб ситуация цоги букIанин ва шартIалги цоги рукIанин.

Олег Кузьмин: «Нижеца рикIкIуна, Кипралда хурхараб история цоги букIанин. Кипр лъикI лъала «магъалабазул алжан» хIисабалда. Россиялъул гIадатияб къагIидаялда гьелъулгун руго ритIахъел, жигарал гьоркьорлъаби. Россиялъул банказул ва компаниязул гьечIо ритIахъел гьоркьолъаби Грециялъул экономикаялъулгун. Гьеб цо жо.

КIиабизеги, Грециялъул экономикияб масштаб Кипралъул экономикаялде дандеккун цIакъго кIудияб буго. Гьединлъидал Россиялъул рес букIана Кипралъул масштабалда гьелъул экономикаялъе кумек гьабизе. Грециялъе гьединаб квербакъиялъул къадар гIезе букIинчIо. Цингиги доб заманалда жибго Россия букIана лъикIал шартIазда. Гьанже нартил багьа гIодобе ккун букIин ва Магърибалъул санкцияби ракIалде росун, Россия буго захIматаб хIалалда».

XS
SM
MD
LG