Ссылки для упрощенного доступа

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ тIадекIанци гьабун буго Сириялъул кIиго шагьаралде


«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ хамис къоялда гьужум гьабун буго Сириялъул шималиябгун машрикъалъул рахъалда бугеб Хасаке шагьаралде ва чанго къватIалдаса хIукуматалъул къуватал нахъе ине ккезарун руго.

Сириялъул телевидениялъул лъазабиялда рекъон, Эн-Нашва мухъалда радикалиял исламистазул къокъабазде данде чIун рагIула курдазул къуватал.

Гьелдаго цадахъ «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ хIалбихьун буго Кобани шагьаралда ругел курдазул позицияби рахъизе. ТIадекIанци байбихьилалда цебе хвалде унес кьвагьизабун буго автомобиль. Гьелъул хIасилалда хун вуго 12 чи, 70 гIанав лъуъкунги вуго.

Сириялъул телевидениялъ лъазабулеб буго, Кобани шагьаралда тIадекIанцIи гьабураб экстремистал рачIанин Туркиялъул рахъалдасайин. Анкараялъ гьеб нахъ чIвалеб буго.

XS
SM
MD
LG