Ссылки для упрощенного доступа

ТIадмагIаруллъиялъул гьумералъул бацIалъи рихьундерил хIоралъул "матIуялда"


Унсоколо мухъалда бугеб рихьундерил хIор цIакъ чороклъун бугин, гьеб бацIцIад гьабиялъе хIалтIи гьабулеб гьечIин лъицанигийилан абун ахIи балеб буго гьеб мухъалъул гIадамаз. Пачалихъалъ гьеб бацIцIад гьабизе биччараб гIарацги кибе арабали лъалеб гьечIила, гьеб хIорил жавабги цохIониги идараялъ кьолебги гьечIин лъазабулеб буго гьез. Экологазул пикруялда рекъон гьеб лъел чороклъиялъ гIадамазул сахлъиялъе ва гIумруялъе кIудияб хIинкъи буго.

Рихьундерил хIор чороклъиялда сверун ахIи бахъинабулеб буго гьелда сверухъ мухъалдаса гIадамаз. МагIарухъ чваххун цIадал раялъ, кидагоги хъубго букIараб, гьеб хIор дагьабги цIакъ чорок гьабун бугин лъазабулеб буго гьез. Гьеб хIорил рагIалда бугеб Майданское росулъа ХIамзатов АхIмадица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана жидеца гьеб бацIцIад гьабейин тIалаб гьабун гIемер батIиял идарабазде хъванила, мухъалъулалдаса бахъараб республикаялъул тIалъиялде щвезегIан хитIабалги гьарунила гьелъул бицун, амма щибго хIасил ккечIилан.

Цойги нухалъ гьеб гIорхъолъа араб ишалде кIвар буссинабизелъун АхIмадица интернеталда лъун буго гьеб лъеда тIад бугебщинаб чороклъиялъул бахъараб видео. Чанго къоялда жаниб гьелъулъ ункъазаргоялдаса цIикIкIун чияс халги гьабун буго. Гьелдаса хадуб гьеб хIорида сверун бугеб ахIвал-хIал бихьизе Унсоколо мухъалде Дагъистаналъул экологиялъул ва тIабигIиял сурсатазул министргицин вачIун вукIун вуго. Амма гьев вачIиналъулги жеги кинабгIаги пайда ккечIин бицана АхIмадица.

ХIамзатов АхIмад: «Гьороца босун бачIун хIорил рагIа-ракьан цIола гьеб чороклъиялъ. Гьединго лъелъги хIора-хIорал лъугьун рукIуна гьеб кьищни-къулалъул. Гьеб хIор бацIцIад гьабизе кколел гIадамаз гьениб хIалтIи гьабулеб гьечIо. Нижехъе баянал щун рукIана гьеб лъим бацIцIад гьабиялъе 25 миллион гъурущ биччан бугилан, гьелъие босараб хасаб гама бугилан, амма нижеда гьелъул хIасил бихьулеб гьечIо.

Гьеб лъим МахIачхъалаялдеги цойги лъарагIлъиялдеги уна. Гьеб чорокаб лъим гьекъолеб буго нилъер халкъалъги. Гьелъул ургъелги тIалабги гьабулеб гьечIо лъицаниги. Зама-заманалдасан, футболкабиги кьун рачун рачIарал школлъималаз, гьениса нахъе чанго пепси-колаялъул шиша нахъе босунин абун рацIцIалъи гьениб лъугьинищха».

​Гьединго АхIмадица абуна жидеда лъица гьеб хIорил жаваб кьезе кколеб, лъица гьениб рацIцIалъи чIезабизе кколебали чIезабизе кIвечIилан. Мухъалъул нухмалъиялъ Рихьуниб ГЭСалде реххулила гьелъул гIайиб, гьезухъанги кинабгIаги жаваб щоларила. Жидеца Дагъистаналъул нухмалъиялъухъеги экологиялъул ва тIабигIаталъул сурсатазул министрасухъеги кагъат хъван букIанила гьеб хIор бацIцIадгьабиялъул иш гьенир сверун ругел росабазул админстрациязухъе кьейин абун.

Гьелъие кколел сурсаталги чIезарейилан абун хъван букIун буго гьез, амма гьелъулги хIасил ккун гьечIо. Киса-кибего бакIарун бачIунеб буго гьеб кьищни рихьундерил хIорихъе. Гьоркьо –гьоркьор футболкабиги рикьун школлъималаз гьениб хIорил рагIалдаса Пепси-колаялъул чанго шиша нахъе босунин абун гьениб рацIцIалъи лъугьунаро. Ихх бачIанщинахъе цIидасанги гьебго хъублъиялъул цIола доб хIор».

Гьединаб квешаб хIалалда щайин гьеб хIор тун бугебин, гьеб бацIцIад гьабиялъул хIалтIаби лъицайин гьаризе кколелин цIехараб мехалда гьеб экологиялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул бетIер ГIалиев Заурица лъазабуна гьаб сагIат гьеб рахъалъ баян кьун бажаруларин. Гьениб бугеб ахIвал-хIалги жидер министрасда лъалин, гьал къоязда гьев живгоги ун вукIанин гьенивейилан.

Гьаб сагIат гьеб хIор бацIцIад гьабиялъул хIалтIи багъаризабизе букIине тIубараб проект гIуцIулеб бугин жидер идараялъин лъазабуна гьес. Гьединго ГIалиевас абуна экологиялъул ва тIабигIиял сурсатазул министр Набиюла Карачаевас лъазабун бугила гьеб киналго мугIурузул мухъазда кьищни-къул балел хасал бакIал гьарейин ва гIурулъе гьеб хъублъи кколареб хIал лъугьинабейилан. Гьел суалазда тIасан гьал къоязда киналго мугIрузул мухъазул бутIрулги ракIарун данделъи тIобитIизе бугинги лъазабуна гьес.

ТIабигIат хвезаби гурониги гьеб хIор чорок гьабиялъ гIадамазул сахлъиялъе цIакъ кIудияб зарал гьабизе бегьулин бицана «Эркенлъи» радиоялъе эколог ГIалибегова Заирацаги.

ГIалибегова Заира: «Гьаб сагIат хIорихъ буго гIорхъолъа борчIараб хIал. Гьеб гьедин тезе бегьуларо. Гьеб буго лъарагIлъиялда бугебщинаб бакIалъе лъим бачIунеб аслияб бакI. Гьениб бан бугеб гьеб чороклъиялъги, 300 соналъги биххун турун лъугIулареб макъаралъги гIадамасул сахлъиялъе цIакъ кIудияб зарал гьабула.

ГIемерисел макърал шушбиги целофаналъул къучIбиги рукIуна гьенир, гьеб гурониги лъелъ ругел чIугIби хвезарула, гьеб хъублъиялда гъорлъ лъеделеб букIараб ччугIаги кваназе бегьулареб хIалалда букIуна. Гьеб гурониги гьаб сагIат гIадаб багIарараб гьава-бакъ бугеб мехалда гьеб хъублъи вабаъ тIибитIиялъе гIиллалъунги лъугьине бегьула».

1977 соналъ Рихьуниб ГЭС базе лъугьун хадуб, гьелъул сангаралъ Авар гIорги къан лъугьана рихьундерил хIор. ТIубан гьеб хIор цIезе биччанаа 2008 соналъ. Гьелъ гIанкъизаруна кинабниги 940 гектар ракьул. Жеги чанги гIадамазе гьеб ракьухъ рецIалилаб гIарацги щун гьечIо.

XS
SM
MD
LG