Ссылки для упрощенного доступа

Украиналъул ХIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул бетIер нахъе вахъана хъулухъалдаса


Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ хамис къоялда тасдикъ гьабуна улкаялъул ХIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул бетIер Валентин Наливайченко хъулухъалдаса нахъе вахъиялъул хIукму.

«Интерфакс» агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, парламенталде президент Петр Порошенкоца кьураб инициативалъухъ гьаркь кьун буго 248 депутатас.

Наливайченко хъулухъалдаса нахъе вахъизе президентас хIукму гьабун буго, тIоцевесес цогидаб хъулухъалде ине инкар гьабун, политикияб хIаракатчилъиялде вуссиналъул нух бищулеб букIиналъ.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго ТIадегIанаб Радаялъул депутат Юрий Луценкоца.

XS
SM
MD
LG