Ссылки для упрощенного доступа

Донбассалда хун вуго Украиналъул 6 солдат


Украиналъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго улкаялъул машрикъалда хванин анлъго рагъулав, лъукъанин 14. Гьеб хIужжаялъ ургъел бугеб хIалалде бачунеб бугин кьвагьдеялдаса инкар гьабиялъул сепаратистазулгун гьабун букIараб къотIи-къайин.

Украиналъул къуватияб операциялъул пресс-секретарь Андрей Лысенкол лъазабиялда рекъон, солдатал хун руго сепаратистал кьвагьдеялъул ва минаби кьвагьиялъ хIасилалда.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул баяназда рекъон, Украиналда конфликт байбихьаралдаса хун вуго бищун дагь босун 6400 чи. Миллионалдасаги цIикIкIун чи лъутизе ккун вуго жидерго бакIал тун.

XS
SM
MD
LG