Ссылки для упрощенного доступа

Украиналда бортизабураб Малайзиялъул "Боингалда" сверун бахIсал халат рахъунел руго


Малайзиялъул авиалайнер бортизабун буго «БукМI» абураб ракетабазул комплекс хIалтIизабун. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна талат къоялда букIараб пресс-конференциялда «Алмаз-Антей» абураб Россиялъул конценрналъул генералияв конструкторасул кумекчи Михаил Малышевскияс.

Гьес рихьизаруна цере «Новая газетаялъ» рахъун рукIарал сураталги.

Халкъазда гьоркьосел экспертаз нахъ чIвалеб буго аэроплан Украиналъул рагъулаз бортизабиялъул Россиялъул версия. Гьезул аслияб версия хурхараб буго авиалайнералда ракьдаса «БУК» абураб комлексалдаса ракета биччаялда. Гьезго абулеб буго доб моменталда гьеб комплексалда Россиялъул экипаж букIине бегьиялъул хIакъалъулъги.

Амстердамалдаса Куала-Лумрупалде унеб Малайзиялъул «Боинг-777» бортизабуна 20I4 соналъул I7 июлалда. ТIад вукIарав 298 хвана. Хварал аслияб къагIидаялда рукIана Нидерландазул гражданал.

XS
SM
MD
LG