Ссылки для упрощенного доступа

ХъачIал къанунал улкаялъул хъаравуллъиялда...


19 маялда Пачалихъияб Думаялъ тIубанго къабул гьабуна «Данде кколарел гIуцIиязул хIакъалъулъин» жиндие цIар щвараб къанун, хадусеб къоялъго гьеб тасдикъ гьабуна Федералияб Мажлисалъги. Къанун президентас гъулбасана, гьеб байбихьана хIалтIизе. Документалда рекъон, «данде кколарел» гIуцIабазул сияхIалде росизе руго «Россиялъул конституциялъулаб гIуцIиялъе, улка цIуниялъул ва пачалихъалъул хIинкъигьечIолъиялъул рахъалда хIинкъи жидедаса букIине бегьулел къватIисел улкабазул ва халкъаздагьоркьосел гIуцIаби». РукIинчIищ Россиялъул къануназда гьанжелъезегIан гьединал хIинкъияздаса улка цIуниялъул механизмал?

Рехсараб къануналъул проект хIадур гьабуна декабралъул ахиралда «Справедливая Россия» фракциялъул гIахьалчи, ЖамгIиял гIуцIиязул комитеталъул нухмалъулев хисулев Александр Тарнавскиясги ЛДПР партиялъул гIахьалчи Антон Ищенкоцаги. Гьединаб къануналъул къварагIел гьез бихьизабулеб буго «Россиялде данде хIалел ругин цо-цо къватIисел улкабазул гIуцIиял ва гьезул асаралдаса Россиялъул Федерациялъул конституциялаб гIуцIи цIуниялъе галаби гьаризе кколин. Россиялъул кьучIиял хазинабазе хIинкъи жидедаса бугел къватIисел пачалихъазул гIуцIабазул хIаракатчилъиялъе ресал тIагIинаризе кколинги» абун.

«Медуза» абураб сайталъул автораз рикIкIунеб буго гьединаб къанун Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабунин къватIисел улкабазул гIуцIабаз кьер-кьераб революция Россиялда хIадуриялъе квербакъи гьабизе бегьиялде балагьунин.

Щал ккезе бегьулел гьеб къануналда рекъон «данде кколарел» гIуцIиязул сияхIалде?

Гьебго «Медузаялъ» пикруялда, гьелда бан гьечIо кинаб гIаги мухIканлъи. «Къануналъул проект гьоркьоб лъолеб мехалдаго бихьулеб букIана депутатазул логика «къватIисел улкабазул агентазул» хIакъалъулъ къанун къабул гьабулеб мехалда букIараб логикаялда релъараб букIараблъи. КъватIисел улкабаздаса финансазул квербакъи бугел коммерциялъулал гурел гIуцIабаздаса букIине бегьулин Россиялъе хIинкъийин, рикIкIуна нилъер къанунал рахъулез. Ахирисезул логикаги теминологияги хIалтIизабун абуни, гьединал гIуцIаби, депутатазул пикруялда, хIалтIулел руго океан тун доб рахъалда ругел бетIергьабаз абу-абурабги гьабун», - ян хъвалеб буго сайталъул баяналда.

Лъица чIезабизе бугеб доб яги гьаб гIуцIиялдаса Россиялъул Федерациялъул конституциялъулаб гIуцIиялъе, улка цIуниялъул яги пачалихъалъул хIинкъигьечIолъиялъул рахъалда хIинкъи букIин? Гьеб къануналда рекъон, генералияв прокуратурас ва гьев хисулез. Гьезго хIукму гьабизе рагIула рехсараб сияхIалде гьел росиялда банги.

Къануналда рекъон, жиндирго хIукму Генпрокуратураялъ дандбазе кколеб буго КъватIисел ишазул министерлъиялъулгун, амма гьеб гьабулеб къагIида ва низам бихьизабун гьечIо. «Медуза» интернет-сурсаталъул пикруялда, гьеб букIине бегьула гIицIго идараялда лъазабиялъул къагIидаги. Гьелдаго цадахъ диваналъул гIахьаллъи букIине рагIуларо гьеб процессалда.

Къанун хвезабиялъе гIоло лъезе бегьула 5-азаргоялдаса I00-азарго гъурщиде щун гIакъа. Къанун хвезаби такрарлъулеб бугони, диваналъ къотIизе бегьула анлъго соналде щун туснахъалъул тамихIги.

Гьеб сияхIалде росарал КъватIисел улкабазул яги халкъаздагьоркьосел гIуцIаби къазе Россиялъул нухмалъиялъул рес букIунаро. Амма Россиялда рагьарал гьезул бутIабазул хIалтIул ресал къотIизаризе бажарула. Рес буго гьединго цIиял бутIиби рагьизе гьукъизеги.

Информалатазда гIемерисел авторазги кIвар буссинабулеб буго цIияб къанун ахирисел соназ хIалтIулеб «КъватIисел пачалихъазул агентазул» хIакъалъулъин абулеб къануналда релъараб букIиналде.

Жалго документалъул авторазги абулеб буго, террористиял, экстремистиял ва миллатчагIазул хIаракатчилъиялде данде чIезе рес кьолел инструментал пачалихъалъул ругин, гьеб къанун рикIкIинчIонигийин.

Щайха, гьедин батани, бахъараб тIадеги къанун?

Депутатал Александр Тарнавскиясул ва Антон Ищенкол пикруялда, гьединал механизмал гIолел гьечIо.

Human Rights Watch абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъул Россиялъул бутIаялъул нухмалъулей Татьяна Локшиналъ абулеб буго, къватIисел улкабазул гIуцIабазул заралияб асаралдаса пачалихъ цIуниялъе гIунги тIокIал механизмал ругин. Ахирисеб къануналъул мурадазул цояб кколин гражданияб жамгIияталъе зарал ккезабийин.

Татьяна Локшина: «Нижер гIуцIиялъул бербалагьиялда, гьеб къануналъул мурад буго Россиялъул гражданияб жамгIияталда цойги нухалъ кIудияб къаби щвезаби. Щай гьединаб пикру бижараб?

Формалияб къагIидаялда гьеб къануналъул мурад ккола Россиялъул Федерация пуланал къватIисел улкабазул яги халкъаздагьоркьосел гIуцIабаздаса рукIине бегьулел хIинкъияздаса цIуни.

ХIакъикъаталдани, Россиялъул территориялда ругел гьединал гIуцIиязул вакиллъиял къазе бокьани, гьезул вакильзабазе Россиялъул гIорхъи бахине гьукъизе бокьани, Россиялъе тIадеги къанун бахъиялъул кинабгIаги къварагIел букIинчIо. Гьеб гьабизе гьедингоги рес букIана кIудияб хIаракат бахъичIого, рукIарал къануналги хIалтIизарун.

Гьаб иргадулаб къануналъин абуни, къватIисел улкабазулги халкъаздагьоркьоселги гIуцIабазе гьединаб «статус» бихьизабун къазе гуребги, рес кьолеб буго гьел гIуцIиязда хIалтIулел яги гьезулгун гьоркьорлъаби ругел Россиялъул гражданазде данде санкцияби хIалтIизаризеги».

Инсанасул ихтиярал цIунулелъул пикруялда, гьеб къанун рикIкIине бегьула «КъватIисел пачалихъазул агентазул» къануналъул халат бахъинабураб бутIалъун.

Татьяна Локшина: «Дида ккола, гьеб къанун бугин "КъватIисел пачалихъазул агентазулин" абулеб къануналъул иргадулаб бутIайин. Ахирисеб къануналъул кумекалдалъун Россиялъул нухмалъиялъ «къватIисел улкабазул лагъзаби, чияр интересазе гIоло хIалтIулел гIуцIаби» хIисабалда бихьизабуна 60 гIанаб Россиялъул хIукуматалъул гуреб гIуцIи. Гьездаго гъорлъ руго бищунго машгьурал инснасул ихтиярал цIунулел гIуцIабиги.

ЦIияб къануналъулги буго гьединабго хасият. Гьелъул мурад ккола гражданиял гуцIиязде ва гражданиял хIаракатчагIазде гьабулеб тIадецуй дагьалъги къувалъизаби.

«КъватIисел улкабазул агентазул» къануналъул бицен гьабулеб бугони, гьеб хурхараб буго гIицIго къватIисел улкабаздаса финансазул квербакъи щолел Россиялъул хIукуматалъул гурел гIуцIабазда. Гьел рихьизарулел руго къватIисел улкабазул агентал хIисабалда. ГIурус мацIалда, Россиялъул культурияб контексталда цебегосеб заманалдасаго гьеб терминалъул буго цIакъ сурукъаб магIна. Гьел рихьизарулел руго чияр улкалъе пайдагун, жидерго улкаялде данде хIалтIулел гуцIаби ва гIадамал хIисабалда. Гьезулгун гьоркьорлъаби, цадахъал ишал гьариялдаса инкар гьабулеб буго киналго пачалихъиял хъулухъчагIаз. Жалго гражданалцин хIинкъулел руго гьединал гIуцабазулгун, гьенир хIалтIулел гIадамазулгун лъай-хъвай букIиналдаса. «Щиб лъалеб, кинал проблемаби рукIине бегьулел гьединал «агентазулгун» бухьен бугониян!», кколеб буго гьезда».

Москваялда гIумру гьабун вугев тохтур, жамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовас рикIкIунеб буго Россиялъул жакъасеб парламенталъ рахъулел гIемерисел къануназул инициативазда нахъ бугин гIаммаб кьучIчIин.

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:02:27 0:00
Загрузить файл
пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:01:55 0:00
Загрузить файл


Локшиналъги кIвар буссинабулеб буго къануналда цо-цо бакIазда мухIканлъи гьечIолъиялде. Гьелъ гьелъ бихьизабулеб буго гьеб къануналда рекъон загьирлъизе бегьулеб сценарий.

Татьяна Локшина: «Россиялъул гIемерисел репрессивиял къануназдагогIадин, гьеб документалдаги гьечIо юридикияб мухIканлъи. Гьелда мухIканлъизабулеб гьечIо щиб гIицIго кколеб гьел гIуцIиязулгун ругел гьоркьорлъабияли.

Дида ккохъе, гьениб бицен гьабулеб батила Россиялъул пуланав гражданас доб яги гьаб данде кколареблъун лъазабураб къватIисел улкабазул яги халкъаздагьоркьосеб гIуцIиязул пуланал материалал, лъазабиял тIиритIизарулев яги гьединал гIуцIабазул хIалтIухъабигун дандчIвалев, гьединал гIуцIабазул тадбиразда гIахаллъулев Россиялъул пуланав гражданав хехаб къагIидаялда жавабчилъиялде цIаялъул.

ТIоцебесеб кIиго нухалда улкаялъул къануназул системаялъ гьединаб хIаракатчилъиялъе гIоло цIияб къануналда рекъон, ватIа чIарав чиясдаса бахъизе бегьула бихьизабураб гIакIа. Амма соналда жаниб кIиго яги цIикIкIун нухалъ гражданасде данде администартивияб тамихI хIалтIизабун хадуб гьабураб гьединабго галиялъ гьев гражданасда хурхун рагьизе бегьула такъсирияб иш. Гьединав чиясе къотIараб тамихI бахине бегьула туснахъалъул анлъго соналде.

ХIакъикъаталдаги гьаниб бицен гьабулеб буго бокьарав гражданасул, рехсарал сияхIалде росарал гIуцIабазде интерес загьир гьабулеб бугони, тамихI гьабизе бегьиялъе, нагагьлъун, мисалалъе, гьесул компьютералда жаниб гьединал гIуцIиязул пуланаб документ батани, гьес гьезул материалал цIалуле ратани, гьезул бицунеб бугони, мисалалъе, гьебго Фейсбукалда.

Гьеб унгоги ккола гражданияб жамгIият изоляциялде ккезабиялъе, Россиялъул активистал жидерго къватIисел улкабаздаса партнераздаса ратIа гьаризе, гьеб гражданияб жамгIият пайда гьечIеб атмосфераялде ккезабизе ва гьеб бихх-биххун унеб куцалда хадуб хал кквезе рес кьолеб цIакъ къуватаб механизм».

XS
SM
MD
LG