Дагъистаналда араб бакI лъачIого тIагIарав Замир Пашаевасул гIага-божараз гьев валагьизе кумак гьарун гIарза хъван буго ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялда. Гьедин баян гьабуна «Эркенъи» радиоялъе гьеб гIуцIиялъул вакил Сиражудин Дациевас.
Дербент шагьаралдаса Замир Пашаевасул чIужу Заиматица лъазабухъе, Замир тIагIун балеб буго 3 къоялдаса цIикIкIун заман. 18 маялъ рокъове тIад вуссун вачIун гьечIо гьев, 19 къоялъ гIагараз Жанисел ишазул бутIаялде гIарза хъван буго. Дербент шагьаралъул Жанисел ишазул бутIаялда гьеб гIарза къабул гьабун буго ва Заиматихъе гьеб мухIкан гьабулеб талон кьун буго.
Пашаевасул эбел Анаханум Къадировалъ «Кавказский узел» сурсаталъе баян гьабухъе, васгун гьесул хъизамгун чанго къоялъ зигараялъ батIияб бакIалда рукIун руго гьел. 18 къоялъ гьел нахъ руссун руго Дербенталде, Замир ун вуго гьениб гIагар бугеб Берикей абураб росулъе. Гьениб балеб бугила мина, гьениве арав чи бакъанида тIад вуссун вачIинчIев мехалъ гьесухъе ахIун буго, амма мобилияб телефон свинабун букIанила.
31 сон барав Замир кIиго нухалъ ккун вачун ун вукIанин Дербент шагьаралъул жанисел ишазул бутIаялде, цогидал гьениб бугеб салафиязул мажгиталдаса ккурал гIадамазда цадахъин лъазабулеб буго Анаханумица. Гьелъул щаклъи буго вас низам цIунулез викъун ватизе рес букIиналда. Божарав чиясдаса щвараб информациялда рекъон, гьев Дагъистан тун къватIивехун вачун ватизе рес бугила.
Замир Пашаев кколев вуго Маххул нухазул нухмалъиялъул хIалтIухъан, гьев вукIанила гIодове виччарав чийин абулеб буго гьесие къимат кьолаго гьесда цадахъ хIалтIулезги.
20 маялъ Пашаевасул гIагараз «Мемориал» ихтиярал цIунулеб гIуцIиялде кьураб гIарза жидеца къабул гьабунин, гьелда тIаде тIокIаб батIияб жо абизе кIоларин баян гьабулеб буго Сиражудин Дациевас. Гьесул пикруялда Пашаев низам цIунулезухъ вукIин мухIкан гьабулеб жо гьечIо, гьединлъидал викъиялъул абизе бегьуларила.
Сиражудин Дациев: « Замир Пашаев салафияв кколев вуго, гьев мегежги тарав салафиязул мажгиталдеги хьвадулев вукIиналда бан, гьесул гIагаразул щаклъи буго гьев низам цIунулез ккун ватизе рес букIиналда. Гьелда тIадеги гьев экстремистазул сияхIалде восунги вукIун вуго. Амма гьев низам цIунулез ккун вугин абизе бегьуларо, щай гурелъул я гьев кколев вихьарал нугIзал яги батIияб хIужа гьечIо. Гьеб араб бакI лъачIого тIагIун вуго. Полициялъулаз гьев тIагIун вукIиналъул гIарза къабулги гьабун буго. Гьединлъидал нижеца гьабсагIат хал гьабулеб буго гIарзаялъухъ».
Амма Пашаевасул эбелалъ гьеб щаклъи жиндир букIиналъе гIиллаби ругин лъазабулеб буго. Живго сияхIалде восулеб мехалъ гьесда Жанисел ишазул бутIаялда лъазабун букIанила хъизамги ячейин сияхIалде йосизе ва генетикиял анализалъе жо босизе.
Гьелде тIадеги, Замир хIалтIулев бакIалде чанго нухалъ гIадатияб ретIел ретIарал полициялъулал рачIун ругила цадахъ хIалтIулел гIадамазда гьесул хьвада-чIвади кинаб бугебали цIехезе. Гьединго гьез цIехолеб букIун бугила Замир кивениги унищалиги. Гьев викъун вукIинчIевани, гьев киданиги жиндихъе кIалъачIогон кивего унароанин абулеб буго эбелалъ.
Дербенталъул Жанисел ишазул бутIаялда «Эркенлъи» радиоялъе мухIкан гьабуна, гьезухъе Пашаевасул гIагаразул гIарза бачIун букIин. Гьев валагьизе цIех-рехалъул хIалтIаби тIоритIулел ругин лъазабуна гьез.
Адвокатаз лъазабухъе, гIагаразда лъазабичIого лъабго къоялдаса тIаде чи кквезе изну гьечIила къануналда рекъон низам цIунулезул, гьединлъидал, нагагь чи ккун вугонани лъабго къоялдасан гьев ккун вукIиналъул лъазабизе кколила.