Ссылки для упрощенного доступа

ЧIалдагун Къорода сверун ругел нухал къачIазе – 13 млн гъурущ


ГьоцIалъ лъел электростанциялъе жанибе сверизабураб хIорил лъеца кванан хвезабураб нухлухъ балагьизе ун рукIана 17 маялда Дагъистаналъул хIукуматалдаса хIакимзаби.

Анкьго батIияб бакIалдасан хIинкъи бугин нух тIубанго ччукIун иналдайин абураб пикру ккана гьезул. Жибго гьеб бахъулеб мехалдаго лъалеб букIанила щуго бакIалъан гьеб лъеца кваназе рес бугеблъи. Амма доб мехалда гьелъул хIисаб гьабун гьечIин бицана гьал къоязда букIараб пресс-конференциялда «Дагавтодор» гIуцIиялъул нухмалъулев Загьид Хочбаровасги.

Гьедин гьанже ЧIалдасан Къородехун бахъараб нухги къан, жидеца халатал свералаби гьаризе кколел ругилан рази гьечIо Гъуниб, Шамил, ЛъаратIа, ЦIунтIа мухъазде унел гIадамал. Масала, ЛъаратIеги, ЦIунтIеги, БежтIеги щвезегIан унел чагIаз нухда базе кколеб буго тIадеги 2-3 сагIат.

Жиде-жидер бакIазде щвезе ккани, гIадамаз тIаса рищулел руго лъабго батIияб бакIалдасан рахъарал нухал – ГьоцIалъагун ЗагIисан, Хьаргабисагун Дарада-Мурадасан ва СалтIасан. НекIого гьенисан рахъарал шагьранухал рехун тун рукIана цIияб нух бахъаралдаса. Гьанже гьел цIи гьаризе Дагъистаналъул хIукуматалъ биччалеб буго 13 млн-са цIикIкIун гъурущ.

ЧIалдасан Къороде бахъараб гьеб нухда 70 метралъул манзилалда кьватIелал лъугьине байбихьана исана марталда. Гьанже гьел кьватIелал тIаде-тIадеги кIодолъулел руго. Сордо-къоялда жанир 8 мм-лъниги кьватIи рехулеб бугин абула геологаз.

ХIорил лъеца кьватIи лъугьинабураб гьеб нух къачIан жо кколарин абураб пикру буго гIадамазда гьоркьоб. Амма Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьер МухIамад ГIисаевас ЭР-ялъе бицана нух къачIазе бугилан.

МухIамад ГIисаев: «КъачIан жо кколареб хIал лъугьани, нижеца цойги жо ургъилаха. ГьабсагIат нижее цо моцI хIажат буго гьеб лъеца щиб гьабулебали лъазе. Нахъе унеб гIадатги букIунелъул лъадал. Тезе бегьилищха гьеб гьедин, къачIачIого? Гьелъие бахъараб хасаб проект буго. МоцIида жаниб чIванкъотIун чIезабизе буго гьеб лъица тIаде босилебали.

«Ленпроекталъ» букIаниги, яги конкурсалъ бергьараб цогидаб гIкуцIи букIаниги, гьез ургъила гьеб ччукIун унеб ракь кин чIезабилебали. Гурони, гьебщинаб пачалихъалъул гIарацги харж гьабун бахъараб нух рехун тезе бегьилищ? Гьединго ункъо мухъалде хьвадулел гIадамал бокьараб ккагиян тезехъин гьечIо нижеца».

Амма букIине кколедухъ гьеб нух къачIазе республикаялъухъа бажаруларин федералияб централъул кумек гьечIогоян абураб пикру загьир гьабуна «РусГидроялъул» нухмалъулев Тимур ХIамзатовас 14 маялда букIараб хIукуматалъул данделъиялда.

ЭР-лъухъе щварал баяназда рекъон, «РусГидроялда» тIасан диваналде хъвазе гIарза хIадурулеб буго «Дагавтодор» гIуцIиялъ. Батанщинаб гIарацги харж гьабун чанго соналъ жидеца бахъараб нух пасат гьабиялъ разилъи гьечIолъи бугила гьезул. Амма жинда гьелъул хIакъалъулъ щибниги лъаларин абуна ЭР-ялъе МухIамад ГIисаевас.

ЧIалдаса Къородисезул кьотIе гьеб нух бахъун букIана 2003 соналда.

Лъеда гъоркье арал ракьазухъ букIине кколедухъ рецIалил гIарац кьечIилан абураб разилъи гьечIолъи буго гьоцIдерил гьеб «РусГидроялдаса». Гьедин гьанже 22 маялда Дагъистаналъул Арбитражалъул диваналда хал гьабизе буго гьоцIдерица хъвараб гIарзаялъул.

ГьоцIдерица рикIкIунеб буго лъеда гъоркье арал ракьазухъ рецIел хIисабалда энергетиказ жидее 360 млн гъурущ кьезе кколин, амма лъел электростанция балел чагIи чIун руго 220 млн гъурущ гурони кколарилан. Гьедин бицана ЭР-ялъе гьеб росдал бегавул Шамил Валиевас.

Шамил Валиевас: «Дица диваналде гIарза хъван буго республикаялъул хIукуматги, Россиялъул финансазул министерлъиги, бакIал раялъул министерлъиги. Нижее рецIалил гIарац кьечIо гьез. ГIадамазда цереги Аллагьасда цереги хIалихьатал чагIи лъугьана гьезул. ХIукумат хисун бугин гьанже, гьединлъидал жидеца бокьараб гьабилин абураб позиция буго гьезул.

Щибниги гьабулеб жо дандбалеб яги киналгIаги документал кьун, нижергун къотIи гьабулеб гIадатги гьечIо эзул. Жидеца нужее росулъ квегIенлъаби гьарилин лъазабуна гIицIго.

Нухал гьарилила, социалиял объектал ралила, лъел рогIрал рачинила, канализациялъе иш гьабилила. Дида эзул квегIенлъабиги рихьичIо, рукIинего рукIарал нухалги эз жидецаго хвезарулелги руго, транспорталъ гвендалги лъугьинарун щиб, цогидаб гьабун щиб.

ТIадежоялъе гьанжего-гьанже бакIарун рукIалиде бачIун букIана росулъ рищни-къулалъул суал. Гьанже ЧIалдаса Къороде бахъараб нухги къан, нижер росулъан хьвадизе байбихьарал гIадамазги транспорталъги чорок гьабизе байбихьун буго шагьра сверун бакI».

Валиевас бицухъе, гьоцIдерихъ руго документал хIоринибе лъим биччазе лъагIел хутIараб мехалда пачалихъалъ гьезие рецIалил гIарац кьун бахъине кколин къотIи гьабурал. Амма энергетиказ гьеб суал тIубан гьечIо. Гьединго чIванкъотIи гьечIо лъеда гъоркье гьоцIдерил кигIан ракь арабалиги. Шамил Валиевас ЭР-ялъе бицана щибаб нухалда батIи-батIиял тарихал рехсолила гьез.

Шамил Валиев: «Щибниги жо жеги мухIкан гьабун гьечIо. Цин абула 110 гектар анин лъеда гъоркье, хадуб абула 59, яги 61 гектарилан. Жиндир заманалда гIадамазе жавабалниги кьолелани, гьел дида тIаде гъечIого – гьезда кколеб буго жидер гIарцуе хIилла дица гьабунилан.

Гьединго дица гIемер мехалъ хIалицаго чIезарун рукIана гьел митингазде-къватIире рахъине риччачIого, хIукуматалъе къваригIараб жо бугин гьеб, нилъеца иш къануналда рекъон тIубалилан».

Гьединго «РусГидроялдаса» разилъи гьечIолъи хутIаразулги буго. Масала, гьел электростанциязул цонигиялъул хъвай-хъвагIай республикаялда гьечIилан. Красноярскалдаги Пятигорскалдаги хъвай-хъвагIай гьарурал гьез магъалабиги гьел шагьаразул бюджетазе кьола. УлкаялъегIаги букIарабанийин гидроэлектростанцияздаса хайир – кивали вугев цо-кIиго олигархасе щолин гьебилан бицуна бакIалъул гIадамаз.

Гьединго экологазул пикруялда рекъон, мукъсанабго ракьги ккун, энергетиказ магIарухъ электростанциял разе лъугьаралдаса лъалаго хисана гьениб гьава-бакъги.

XS
SM
MD
LG