Ссылки для упрощенного доступа

Шиитазул багъа-бачариялдаса эркенлъи балагьулеб буго Йеменалъул нухмалъиялъ


«Ансар Аллагь» абураб шиитазул гIуцIиялъул цIикIкIунеб багъа-бачари чIезабеян гIарза битIана Йеменалъул нухмалъиялъ ООНалде. Гьеб гIарзадул халгьабилин абуна ООНалъул хIинкъигьечIолъиялъул шураялъ.

Йеменалъул Таиз ва Аден шагьарал кверде росун руго хуситалин абулел шиитаз. Йеменалъул президент СагIудиязул ГIарабиялде тIурана. Гьеб улкаялъ чанги рагъулаб операция тIобитIана цодагьалъ цебе Йеменалда, амма сагIудияз жидерго армия нахъе ахIана гьениса.

СагIудиязул ГIарабиялда рикIкIунеб буго Ираналдаса щолеб бугин кумек Йеменалъул шиитазе. Ираналъ гьел гьадингосел гIайибчIваял ругин абулеб буго.

XS
SM
MD
LG