Цолъарал Штатазул тIадтараз хисизабуна Россиялъ Украиналда хIалеб ролялда жиндирго бербалагьи.
Associated Press агентлъиялъул баяналда рекъон ахитриселд моцIазда Россиялъ сепраратистазе гьабулеб асар цIикIкIанин. Гьелдалъун америкалъул хасал хъулухъчагIаз байбихьана цIияб термин билълъанхъизабизе - «россиялъулазулгун-сепаратистазул цолъарал къуваталилан» абулеб.
Араб анкьида Америкалъул пачалихъияб департаменталъ лъабго нухалъ рехсана гьеб цIияб термин Россиялъул тIалъиялде ракълилаб къотIиялъул шартIал хвезариялъул гIайиб гIунтIизабун.
Мисалалъе рачун ругоан гьадинал хIужаби: сепаратистазулгун Россиялъул аскариязул цадахъал рагъулал хIалбихьиял тIоритIи, рагъулаб кумек гьаби ва цогидал.