Ссылки для упрощенного доступа

ТIалъигун прессаялда гIадамазул божи гьечIо


ГIадамазул тIалъиялда божилъи гьечIин абураб пикруялде рачIунел руго экспертал Дагъистаналъул гIелмияб Централъул социалигиял халгьабиял тIоритIулеб Инстуталъ гьабураб цIех-рехалъул хIасилазул хал гьабидал. Кинал информалатаздаса пайда босулеб жакъа Дагъистанияз ва божулищ гIадамал гьел сурсатазда?

ЦIех-рех гьабурал рикьизе бегьула кIиго тайпаялде: цоял газет –журналалгун телевизоралдасан пайда босулел , кIиябилел - интернеталдаса информация босулел гIадамал. Телевизоралдасан цIиял харбазухъ гIенеккулин абурал кколел руго аслияб куцалъ 40 соналдаса тIаде ригь бугел гIадамал, газетал цIалулел ва гьебго телевизоралъухъ гIинтIамулел гIадамалги гьебго тIелалда гъорлъе уна.

Амма ккана цо-цо чагIи гIицIго цо газеталдаса цIаларалда гуроо жал мухIканго божуларин абулел. Масала, пенсионер ХатIипов ГIамирица бицана, жинца кидагоги цIалулаанин «Дагправда» газета, гьабсагIатги, жиндир пикруялда, гьениб букIунин божизе бегьулеб информация.

ГIолилаз аслияб куцалъ цIиял харбал лъазе пайдабосулеб буго интернеталдаса. Дагъистаналъул пачалихъияб Университеталъул студентка Мадинаца абуна интернеталдаса букIинги газеталдаса букIаниги кьураб хабаралда тIубан божуларин, гьелъул гьалмагъ Эсмирал пикруялда жакъа гIицIо гIадамаздасан рагIараб хабар гурого тIокIаб тIубан ритIухъаб информация гьечIо.

Эсмира: «Телевидениялдаса бицунеб жоялдаго божизе бегьуларо, гьенисан хIукуматалъе данде кколеб жо бицуна, гьенисан ритIухъаб хабар бицунин абураб жоялда божулев чигоцин лъаларо дида, гьебго жо интернеталдаги буго, цояз цояб хъван букIуна цогидаз батIияб хIалалъ, тIубан битIараб жо кинха гьеб букIинеб.

Дун божула гIадамаздасан лъаралда, жамгIияталъул пикруялда, щайин абуни, гьеб телевидениялда букIа, газеталда букIа цо пуланаб гIиллагун лъун букIунелъул информация».

Телевизоралдасан цIияб хабар лъазе гIенеккулин, амма кингоги божуларин, гьелъие гIиллабиги ругин баян гьабуна цIех-рехалъулъ гIахьаллъарай Халисатица.

Халисат: «ГIемерисеб лъалеб хабаралъулъ ,дида бихьула гьереси. ЦIияб хабар жо телевизоралдасан лъала, хутIараб жоялда божуларо, щайин абуни, телевизоралдасанги газеталдасанги жакъа бицунеб буго багьаби рахун гьечIин, кинха гьелда божилей дун, гьеб гьедин гьечIолъи базаралде ячIиндал бихьулеб мехалъ. Президентас абулебги цогидал тIалъиялъул чагIаз абулебги буго гьереси.

Масала, жакъа газетазги хъвалеб буго телевизоралдасаги кьолеб буго иргаялда хъван росулин лъималазул ахалде лъимал, гьенире индал ирга бугин абун росуларо, гIарац кьун гурого щоларо гьеб ирга, гьечIо щибго божизе бегьулеб жо».

Аслияб куцалъ гIемерисез жаваб гьабулеб букIана, газеталда букIаниги телевидениялда букIаниги тIубан божуларин.

Социалиял халгьабиязул институталъул цIех-рехалъул хIасилазда рекъон, цогIаги социалияб идараялда, ай рухIаниял рукIа, тIалъи букIа, информалатал рукI, божилъи гьечIел гIадамазул къадар цIикIкIун буго.

Жакъа информалатаздасан бихьизабулеб тIалъиялъ гьабулеб хIалтIи бугин гIицIго жидеца щибниги жо гьабулеб бугин букIиналъе бугеб жойин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе цогидав цIехарав чияс, гьесие бокьичIо цIар рехсезе.

Гьесул пикруялда, жакъа рихьдае хIалтIи гьабулеб буго тIалъиялъ, гьеб социалиял гьиназдасан ва цогидал сурсатаздасан гIадамазда бихьизе букIине, амма хIакъикъаталда лъикIаб рахъалде хисулеб жо дагь бугила.

XS
SM
MD
LG