Ссылки для упрощенного доступа

Непал: ракь багъариялъул къарбанал гIемерлъулел руго


Непалалда букIараб кутакаб ракь багъариялъул хIасилалда хварал гIадамазул къадар щуазаргоялде бахана. ГIага-шагарго 10 000 чи лъукъун вуго. Гьадин Франс-пресс агентлъиялъе лъазабуна талат къоялъ бакIалъулал тIадтараз.

Жеги 250 чи камуна ва гьезул къисмат жеги мухIканаб гьечIин. Непалалъул премьер-министр Сушил Коиралаца халкъаздагьоркьосеб жамагIаталдехун вуссун гуманитарияб кумек гьарулеб буго.

XS
SM
MD
LG