Украиналъул ТIадагIанаб Радаялъ жидерго санкциязул сихIалде восана Россиялъул президент Владимир Путинги, ФСБялъул директор Александр Бортниковги, ЦIех-реххалъул комитеталъул бетIер Александр Бастрыкинги.
Депутатаз гьел рикIкIунел руго Украиналъул рагъулай Надежда Савченкода хурхун бугеб ахIвал-хIалалъе гIайибияллъун.
Санкциязул сияхIалда хъван вуго кIинавгIаги 35 чи.
Украиналъул парламенталъ гьединго къабул гьабуна президент Путиниде хитIаб, Надежда Савченко эркен гьайиялъул ахIигун. Москваялъ ахириселде гIайиб гIунтIизабулеб буго Россиялъул журналистал чIваялде хурхен букIиналъул.