Буйнакск мухъалда терроралде дендечIараб низам лъазабун буго. Буйнакск шагьаралда гIагарда бугеб Герей-ГIавлахъ росулъ мина сверухъ ккуна низам цIунулез. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдаса вакилазул рагIабазда рекъон, гьеб минаялда жанир руго изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъ унел.
Хасаб операция тIобитIулаго сверухъ ккураб минаялдаса къватIире рачIана лъимал. Чан лъимер букIарабали мухIканлъи жеги гьечIо. Гьелдаса хадуб ккана кьвагьа-гIанхъи. Тунка-гIусиялда ункъо «рохьилав» чIванилан, лъазабулеб буго цо-цо информалатаз.