15-леб апрелалда МахIачхъалаялда викъун вукIарав АхIмад Камилов рокъове вачIана. Полициялъулазухъ вукIун вуго гьев. «Эркенлъи» радиоялъ лъазабун букIана шагьаралъул Узбек-городок бутIаялда викъанин гьев маскаби ххурал чагIазилан. Низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабилъун рукIун руго гьел.
Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъ лъазабухъе, гьезул вакиласе Камиловасул инсуца бицана АхIмад низам цIунулез гъикъа-бакъи гьабизеян ккун вукIанин.
«Гьев таксистлъун хIалтIулев вукIана ва цодагьалъ цебе гьесул автомобилалде рекIун вуго полициялъулаз хадуб хал ккун бугев чи. Гьев чигун АхIмадил кинабгIаги бухьен букIанадай илан лъазеги бокьун низам цIунулез ккун вуго АхIмад. Сорав босун хадуб гьев нахъе вичана ва гьесие кинабгIаги гIакъуба кьун гьечIо», - ян бицун буго Камиловасул инсуца инсанасул ихтиярал цIунулезе.