ГIиракъалъул премьер-министр ХIайдар Аль-Абади щвана гьал къоязда Америкаялъул Цолъарал Штатазде. Штатазул президент Барак Обамагун дандчIвазе ккола гьев. Аль-Абадил лъазабиялда рекъон, Обамадаса гьес тIалаб гьабизехъин буго рагъулаб кумек.
«Исламияб пачалихъилан» абураб гIуцIиялда данде къеркьеялъе америкалъулаз жеги квербакъи гьабилин хьулал руго ГIиракъалъул официалияб хIукуматалъул. Ярагъ, рагъулаб техника ва гIарац – гьезда хадув штатазде вачIанин Аль-Абадиилан, хъвалеб буго прессаялъ.
Амма гьарулеб кумек щвечIого хутIизе бегьула ГIиракъалъул хIукумат. СШАялъул конгрессалъ изну кьун гурони рес букIине гьечIо Обамал кумекалъул рахъалдаса хIукму къотIизе. Ахираб заманалда гьединал суалал конгрессалъе реIкее гIолел гьечIин, лъазабулеб буго информалатаз. Щайгурелъул жамгIияталъул гIарзаби руго конгрессалъ пачалихъияб бюджет рагъулаб бюджеталде сверизабулеб бугин.
Жибго ГIиракъалда америкаялъул солдатазул «Исламияб пачалихъилан» абулеб гIуцIиялъул рагъухъабигун тунка-гIуси ккана цодагьалъ цебе. Пентагоналъ лъазабухъе, радикалиял исламистазе кIудияб зарал ккана гьеб тунка-гIусиялда. Гьелдаго цадахъ экстремистазухъ кодоб жеги хутIулеб буго ГIиракъалъул кIудияб шагьар – Мосул.