Пакистан жиндирго нейтралияб статус цIунизе ккола Йеменалда бугеб конфликталде гъорлъе жубачIого, ян абураб резолюция къабул гьабуна гьеб улкаялъул парламенталъ. Дагьалъ цебе СагIудиязул ГIарабиялъ Пакистаналъул тIалъиялдехун буссун, техникияб кумек гьабана ва ахIи бана Йеменалда аскариялги ритIеян абун.
Парламенталъул данделъи гьеб суал дандбалеб букIана щуго къоялда жаниб.
Къабул гьабураб документалда гьединго абун буго Пакистаналъ СагIудиязул ГIарабиялъул къираллъиялъе щакъли гьечIеб квербакъи загьирабулеб бугин.
Ва нагагьлъун къираллъиялъул гIурхъабазе хIинкъи щвани, Пакистаналъ СагIудиязул ГIарабиялъулгун ва гьелъул халкъалъулгун цадахъ цIунизе бугин къираллъиялъул территориялияб цолъи.