Ссылки для упрощенного доступа

Афгъанистаналда НАТО-ялъул аскарияв чIвана


НАТО-ялъул командованиялъ лъазабуна Нангахар вилаяталда Афгъанистаналъул аскариязда ва НАТО-ялъул рагъулал хъулухъчагIазда гьоркьоб бахъараб кьвагIа-гIанхъиялъул хIасилалда коалициялъул цо рагъулав хъулухъчи чIван вугин.

Гьесул миллат рехсон гьечIо, амма вилаяталъул полициялъ мухIкан гьабухъе, гъов американияв вукIун вуго.

Гьес гьединго тIаде жубана, байбихьуда Афгъанистаналъул аскарияс кьвагьдей гьабунин Америкалъул рагъулаб къукъаялде. Жавабияб кьвагьи гьабун, америкалъул аскарияз гьев речIчIун чIванин. Жеги кIиго афгъанияв лъукъанин.

Щиб гьеб кьалалъе гIиллалъун ккун букIарабали- дурус гьабун гьечIо.

XS
SM
MD
LG