Малайзиялда полициялъ рейд гьабулаго 17 чи ккуна гьеб улкаялъул тахшагьар Куала-Лумпуралда терактал гьабизе хиял букIиналда щакъли ккун.
ТIадтаразул баяналда рекъон гьезул кIигояв дагьалъ цеве Сириялдаса гьениве нахъ вуссун вугоан. Полициялъул баяналда рекъон Малайзиялъул 60-гIан чи Сириялда ва ГIиракъалде ун вуго террористикияблъун рикIкIунеб «Исламияб Пачалихъ» абулеб багъа-бачариялде гъорлъе жувазе гIоло.