Пакистаналъул улка цIуниялъул министрасул баяналда рекъон Йеменалда шиитазул къеокьохъаназде данде багъулеб СагIудиязул ГIарабиялъул бетIерлъуда гъоркь бугеб коалициялъ Исламабаладлехун буссун, жиндие хIалае рагъулаб техника гьарана.
Гьадин лъазабуна 6 апрелялда Пакистаналъул парламенталда рагъулав министр МухIаммад Асифица.
Пакистаналъул премьер-министр Наваз Шарифица парламенталде ахIи бана рехсараб квербакъи гьабиялде.
Пакистаналъулги СагIудиязул ГIарабиялъулги щулиял бухьенал руго некIогоялдаса. Гъоркьисалда СагIудияз Пакистаналъе кумекалъе цо миллиардгун щунусго миллион доллар кьуна.