Улкаялдаса лъутизе ккарав Йеменалъул президент ГIабд-Раб Мансур Хадил рахъ кколел къуватазул контролалда гъоркь букIараб Аден порталъул централде щун руго шиитал-хуситазул яргъид гIуцIаразул къуватал.
Информалатазул лъазабиязда рекъон, хуситаз жидерго контролалде гъоркье босун буго президентасул резиденцияги.
Страгетигияб рахъалдаса кIвар бугеб шагьар бахъун буго гьез, СагIудиязул ГIарабиялъул нухмалъиялда гъоркь регионалияб рагъулаб коалициялъул микьго къоялъ халат рахъунел авиакьабиязде балагьичIого. СагIудиязул вакильзабазул лъазабиялда рекъон, гьеб операциялъул мурад ккола Йеменалъул къанунияб пачалихъалъе квербакъи гьаби.
Хуситаз хутIараб территория бахъичIого хутIиялъул мурадалда СагIудизул ГIарабиялъ ва гьелъул партнераз Йеменалда ракьдатIасаб операцияги тIобитIизе бегьулин, абураб прогнозал рукIаниги, жиндир цIар къватIиб чIвазабизе бокьичIев Пентагоналъул вакилас репортеразда лъазабун буго, гьединаб сценарий загьирлъиялъе кинал гIаги ишараби гьечIин. СагIудияз Йеменалъул гIорхъада къуватал чIезарун ругин гIицIго жидерго улка цIуниялъул мурадалдайин.