Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца гъулбасун буго кибертакъсирлъиялде хурхен букIиналъул щаклъи бугел гIадамал санкциязул сияхIалде росизе рес кьолеб буюри.
Банказда ругел хакеразул активал «цIорозаризе» ругин ва Америкаялъул территориялде нухги къазе бугин гьезие, гьеб къанун хIалтIизе байбихьараб мехалдайин лъазабулеб буго информалатаз.