Сириялъул гражданияб рагъалда бугеб Москваялъул ролалда хурхун СагIудиязул ГIарабиялъ кIигьумерлъиялъул гIайиб гIунтIизабуна Россиялъул президент Владимир Путиниде.
Гьединаб лъазаби гьабуна Мисралъул Шарм аш-Шейх шагьаралда тIобитIулеб ГIарабазул пачалихъазул лигаялъул саммиталда Путинил кагъат цIалун хадуб сагIудиязул къватIисел ишазул министр СагIуд аль-Фейсалица.
Reuters агентлъиялъ лъазабухъе, сагIудиязул министрас лъазабун буго, Путиница ГIагараб Машрикъалъул рахъ кколеб букIиналъул хIакъалъулъ пикру загьир гьабизе кколарин президент Башар Асадил режималъул цадахъго рахъ кколеб мехалъин.
«Гьес бицунеб буго ГIагараб Машрикъалъул проблемабазул хIакъалулъ, Россиялъ гьенир ругел проблемаби хIалуцинабулеб гьечIеб куцалда», - ян лъазабуна СагIуд аль-Фейсалица.