Ссылки для упрощенного доступа

Джордж Сорос хIадурав вуго Украиналъе инвестициязул кумек гьабизе


Америкаялъул финансист Джордж Соросица лъазабуна, жив хIадурав вугин Украиналъул экономикаялде миллиард долларалъул инвестицияби ритIизеян. Миллиардерасулгун интервью бахъун буго Der Standard абураб Австриялъул газетаялда.

Соросил рагIабазда, гьесул руго мухIканал идеяби, мисалалъе, инфраструктурабазул, росдал магIишаталъул проектазе инвестицияби кьезе. Гьес рикIкIунеб буго, Магърибалъги кумек гьабизе кколин Украина инвестицияби ритIизе бегьулеб улкаялде буссинабиялъейин. Мисалалъе, гьелъие кьолел кредитазул процентал дагьлъизарунин.

Халкъаздагьоркьосеб валютаялъул фондалъ гьаб моцIалда тасдикъ гьабуна Украиналъе 17 миллиард доллар биччай.

26 марталда китаялъул CITIC Construction компаниялъ лъазабуна, Украиналъе минаби разе квербакъи гьабиялъул мурадалда гIитIинал проценталгун 15 миллиард долларалъул кредит кьезе бугин.

XS
SM
MD
LG