Ссылки для упрощенного доступа

Германиялъул авиалайнер бортун батизе бегьула пилотасул гIайибалдалъун


Марселалъул прокурор Брис Робэница лъазабуна, Франциялда бортараб Германиялъул аэропланалъул лъугьа-бахъунеб хъвалеб аппараталда бугеб информациялъул хал гьабун хадуб, баянлъулеб бугин, 28 сон барав Германиялъул кIиабилев пилот Андреас Любицица лайнер ургъунго гъоркье бачун букIинин. Къвативе ун вукIарав цогидав пилотасе гьес ургъунго нуцIа рагьун гьечIеблъигийин.

24 марталда Germanwings абураб авиакомпаниялъул лайнер унеб букIун буго Барселонаялдаса Дюссельдорфалде. Гьеб бортиялъул хIасилалда хвана 150 чи. Аслияб къагIидаялда Германиялъулги Испаниялъулги гражданал.

XS
SM
MD
LG