Йеменалда шиитал-хуситазул яргъид гIуцIарал къокъабаз ккун буго улкаялъул бищунго кIудиял шагьаразул цояб Таиз. Гьез жидерго контролалде гъоркье росун руго пачалихъиял идарабазул минаби ва чанго стратегияб объект, гьездаго гъорлъ, аэропорт, рагъулазул авиабаза ва централияб туснахъ. Гьелъул хIакъалъулъ магърибалъул информациялъул агентлъиязе лъазабун буго бакIалъулаб нухмалъиялъ.
ГьатIан къоялда Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул Мажлисалъ тIобитIулеб буго экстреннияб данделъи. Гьелда гьоркьоб лъолеб буго Йеменалда нахътIамичIого тIоритIизе кколел тадбиразул суалал. Гьединаб хIукмуялде рачIун руго Йеменалъул президент Абд Раббу Мансур Хадица ХIинкъигьечIолъиялъул Мажлисалде хитIаб гьабун, улкаялда лъугьа-бахъунелде гъорлъе лъугьин тIалаб гьабун хадуб.
Рузман къоялда Санаялда шиитал-хуситазул мажгитазда жаниб гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда хвана бищунго дагь босун I40 чи. ТIадекIанциязул жавабчилъи жиндего тIаде босана «Исламияб пачалихъ» абураб радикалиял исламистазул гIуцIиялъ.