«ГIурусазул халкъаздагьоркьосеб консервативияб форум» абураб Европаялъул националистияб чанго партиялъул вакильзаби гIахьаллараб тадбир тIобитIиялде данде протеста загьир гьабулев микьго чи ккуна Петербургалъул полициялъ.
Националистазул данделъи унеб «Holiday Inn» абураб петералда цебе вакIарун вукIана кинавгIаги 40 чи ва гьел кьалаби рухунел рукIанин лъазабулеб буго, «Фонтанка.ру» интернет-газетаялъ. Гьеб форумалда данде Петребургалда тIоритIана гьединго батIи-батIиял пикеталги.
Ультраквараназул форум гIуцIун буго «Родина» абураб Россиялъул националиябгун консервативияб партиялъ. Гьелъул сайталда лъазабухъе, гьеб тадбир тIобитIиялъул мурад ккола, Россиялъулги Европаялъулги националистиял къуватазул координация гьаби.