Нартил багьа гIодобе ккеялда хурхун, Украиналъе бичулеб Россиялъул газалъул багьа гIодобе ккезе бегьула 50-80 долларалъ.
Гьедин лъазабуна, «Россия-24» телеканалалъе интервью кьолаго, Россиялъул энергетикаялъул министр Александр Новакица.
Гьединаб къагIидаялда, Киевалъ газалъул азарго кубометралъухъ кьезе рес буго 250 гIанаб долар, Россиялъул рахъалъ Украиналъе цIатариялъул дармида гьаризе бегьулел бигьалъиялги рикIкIун.