Россиялда хIалтIигьечIолъиялъул даража февралалда бахун буго 5,8 проценталде, январалда букIараб 5,5 проценталде дандеккун. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Россиялъул федералияб статистикаялъул хъулухъалъ.
Гьеб кколеб рагIула моцIида жаниб улкаялда хIалтIи гьечIого 255 азарго чи хутIанин абураб.