Ссылки для упрощенного доступа

«Газпром-Медиа» холдингалда ракIалда буго "Эхо Москвы" радиоялъул генералияв директор хъулухъалдаса нахъе вахъизе


«Газпром-Медиа» абураб холдингалъ «Эхо Москвы» радиоялъул бетIерияв редактор Алексей Венедиктовасда лъазабуна, июналда тIобитIизесеб акционеразул данделъиялда радиостанциялъул генералияв директор Михаил Демин хъулухъалдаса вахъиялъул суал лъезе букIиналъул хIакъалъулъ.

Жинца «Демин хIалтIудаса нахъе вахъиялде данде гьаркь кьезе бугин. Гьев кколин лъабабилев гендиректор ахирисеб сонгун бащдаб заманалда жанибин ва гьеб кинабго жинца циркгун клоунадалъун рикIкIунин», лъазабуна Венедивтовас.

XS
SM
MD
LG