Украиналъул тохтурзаби риччан руго Москваялъул туснахъалда йигей Надежда Савченкохъе. Гьедин лъазабуна жиндирго Твиттералда гьелъул адвокат Марк Фейгиница. Гьеб баян уяблъун гьабуна Украиналъул къватIисел ишазул министерлъиялъги.
Цебе гьелъул адвокатаз лъазабулеб букIана Савчекохъе Украиналъул тохтурзаби риччалел гьечIин ва жидеда ракIалда бугин гьеб хIужаялда тIасан Россиялъул Генералияб прокуратураялде гIарза хъвазейин.
Гьеб ситуация лъикI лъалев чияс «Интерфаксалъе» бицун буго Савченкохъе тохтурзабириччалел рукIинчIин Россиялъул къватIисел ишазул министрелъиялда къачIарал ва гьелъухъе ине гьезие ихтияр кьолел хасал документал гьезухъ рукIинчIогойин.
80 къоялъ ракъи лъазабун йикIана Надежда Савченкоца лъазабулеб букIана жиндихъе Украиналъул тохтурзаби риччачIони жинца ракъи лъазабиялъул акция цIидасан байбихьизе бугин. Украиналдаса йоржарухъаралда гIунтIизабулеб буго Донбассалда Россиялдаса кIиго журналист хвеялъулъ гIахьаллъи букIиналъул гIайиб. Гьелъ жинда гIунтIизарулел киналго гIайибал нахъчIвалел руго.