Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керри щун вуго Мисралде. Ираналъул атомияб программаялда сверун калъа-ралъаязде иналде цеве гьенив гьев гIахьаллъизе вуго экономикияб конференциялда ва дандчIвазе вуго улкаялъул тIадегIанал хъулухъчагIигун.
Вашингтоналъ абулеб буго Керрица Мисралъул президент ГIабдул ФаттахI аль-Сисигун гьаризе ругел кIалъа-ралъаязда рорхизе ругин ИГИЛалде данде къеркьеялда ва Ливиягун Сириялда бугеб ахIвал-хIалалда хурхун суалалин.
Гьединго Керрида ракIалда буго Иорданиялъул къирал ГIабдулла КIиабилевгун ва Палестиналъул президент МахIмуд ГIаббасгун дандчIвазеги.
Ираналъул атомияб программаялда сверун данделъиялде Швейцариялде Керри ине вуго 15 марталда.