57 сон барав МухIамадов ГIали тIагIун кIигониги анкь бугин лъазабулеб буго гьесул гIагарлъиялъ. Гьев ахираб чанго соналъ Гъизилюрт мухъалъул Шушановка росдада аскIоб бугеб рохьил тIалаб-агъаз гьабулев чилъун хIалтIилев вукIун вуго. Гьеб рохьида аскIоб цо гьитIинабго гIанкIуязул фермаги рагьун,дурцгун цадахъ гьелдасан магIишат гьабулев вукIун вуго ГIали, амма 26 февралалда рохьове хал-шалалъ арав гьев тIад вуссун вачIинчIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе тIагIарасул гIагарав чи МухIамадица.
МухIамад: «Къад лъабго тIубараб гIадаб мехалда рохьоб щиб ахIвал-хIал бугебали бихьизе хал-шалалъ ун вукIана гьев, къаси 6-7ялдагIаги тIад вуссине кколаанха. Кидаго гьедин вачIунаан гьев, амма гьеб сордоялъ вачIинчIо. Цо чанго сагIаталдасан гьесул гьаби жалго рачIана нахъруссун. Телефоналъул бухьенги букIунаро гьеб мухъалдаса гIебеде. РекIее рахIат букIинчIого ниж рахъана ГIали валагьизе. Гьениб рохьоб бугеб лъарал рагIалде реххун батана нижеда гьесул рохьихъанасул удостоверение ва цойгидал документал жаниб лъураб жо, гьеб ГIалил тIасан ретIунеб парталалъул жаниса рахъалда маргъалги рахан щула гьабун букIунаан.
Ай гьениса рахъун гурони, гьел документал жалго яги лъачIого рортизе рес букIинчIо. Гьелъги батIи-батIияб жоялде щаклъизе тIамулел руго ниж. 4 къоялъ гьеб рохьоб сверичIеб бакI течIин нижецайин абизе бегьула, киса кибего балагьана, амма ГIалил лъалкI бугеб бакIалде тIаде ккечIо, я гьесул жаназа батичIо. АскIоб бугеб лъим унеб кIудияб каналалъурцин балагьана ниж».
Гьедин ГIали МухIамадов тIагIун кIиго къо ун хадуб, гьесул кинабгIаги хабар лъачIеб мехалда жидеца гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун Гъизилюрт мухъалъул полициялде гIарза хъванила, гьез гIарза къабул гьаби гурони жеги гьев валагьиялъе хIалтIи гьабичIин абулеб буго тIагIарав рохьихъанасул гIагарлъиялъ.
Гьезул щаклъи буго ГIали полициялъулаз ккун вукIиналдаги. Щай гурелъул гьезухъе харбал щун рагIула низам цIунулез гьаниса-добасан гьев рохьихъанасул хIакъалъулъ цIех-рех гьабулеб букIанила.
МухIамад: «Гьев тIагIиналде кIиго-лъабго къоялъе цеве ГIали валагьулев, гьесул хIакъалъул цIех-рех гьабулел рукIун рагIула полициялъул хIалтIухъаби. Нижеда гьелъул лъалеб жо букIинчIо, гьев ватуларого вугев мехалда гьединал харбал щвана. Гьезул щаклъи букIун рагIулила ГIалица рохьор рахчун ругел изну гьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабулеб букIиналда. Гьеб жо букIине рес бугеб жо гуро, гьадингояб чIанда буго гьеб. Щай гурелъул ГIали киданиги гьединал чагIигун хурхен гьабулев чи вукIинчIо. Гьеб гъизилюрт мухъалдаги изну гьечIого яргъидгIуцIаразул гIезегIан кIудияб къокъа бугелъул, рохьахъ гьелги камуларелъул гьесда щибниги лъалеб – толеб жо батизе бегьулин гьезул хIакъалъулъин абун цIех-рех гьабизе ккун ватизеги бегьула, гьедин бугеб батани гьев кив вугевали гIаги щайха нижеда бицунареб.
Гьес экстремистазе кумек гьабулеб букIун рагIулинги абун нижер рахIат хвезабулел рукIинчIого. БитIараб бицани гьев вукIана цIакъ гIодове виччарав лъиданиги хъвачIого вугищ гьечIищали лъалареб хIалалъ гIумру гьабулев вукIарав чи. МахIачхъалаялда рукъги хъизанги букIаниги гьев рохьихъанлъун хIалтIилев, гьенив гIумру гьабун вукIана, гьедигIанги гIодойбиччай бокьулев, тIабигIат хирияв, цойгидаб жоялъул ургъел гьечIев гIадав чи вукIана гьев. Гьелде тIадеги тIокIаб батIияб магIишат гьечIев, ресукъав чиги вукIана гьев. Жиндиегоцин хIалихъин бетIербахъи гьабулев гьес экстремистазе кумек гьабулеб букIанин, гьел кваназарулел рукIанин аби гьеб букIине рес бугеб жо гуро».
МухIамадов ГIали цеве киданиги полициялде ккарав чиги вукIун гьечIо, гьесул сверухълъиялда ва гIагарлъиялда гьоркьоб къануналде дандекколаредухъу хьвадулев чиги вукIун гьечIо. Гьедин лъазабулеб буго тIагIарав рохьихъанасул гIага-божараз.
ТIагIарав МухIамадов ГIалил хIакъикъат цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Гъизилюрталъул полициялъул бутIагун ва Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъгун. Гьезул цохIонигиязухъан жаваб щвечIо.
«Кавказсий Узел» сайталъул баяназда рекъон 2014 соналъ Дагъистаналда рагъулаб тунка-гIусиялъул хIасилалда чIваразул къадар цебесеб соналде дандеккун 50 проценталъ дагьлъун буго. Гьединго 65 проценталъ дагьлъун буго гIадамал рикъиялъул хIужабиги. Масала, 2014 соналъул кIиабилеб бащалъиялда чи викъиялъул 2 хIужа гурони къватIибе бачIун гьечIо, исана соналъул кIиго моцIида жаниб 4 чи викъун вуго, гьезда гьоркьой йиго цо чIужугIаданги гьелъул гьитIинаб лъимерги.