Москваялъул Дорогомиловский диваналъ хIукму къотIарал дагъистаниял ккола Закария ХIажиевги, Артур Минбулатовги, Шамиль ХIажиевги Александр Атапинги.
Диваналъ чIезабуна 2013 соналъул риидал гьез Россиялъул Пачалихъияб Думаялда вугев ЛДПРалъул депутат Роман Худяков вуханин, гьединго Мамутов абулев Москваялда бугеб цо кафеялъул бетIергьанасухъа 30 млн гъурущ бахъулеб букIанин, цинги гьезулго телефонги бикъанин абурал гIайибал.
Туснахъалъур лъей гуребги, Худяковас тIалаб гьабулеб букIана дагъистаниязул щивасухъа цо-цо млн гъурущ бахъизеги. Амма диваналъ хIукму къотIана Закария ХIажиевасда тIад нусазарго гъурущ къотIун тезе, Артур Минбулатовасда тIад – 50 азарго гъурущ къотIизе. Жинца гьеб гIарац лъималазул ахазе сайгъат гьабилин лъазабулеб бугоан депутат Худяковас.
ПалхIасил, гIайиб тIад чIезабуниги дагъистаниязул цонигияв мукIурлъун гьечIо гIайибазул цонигиялъе. Амма Москваялъул диваналъ бищун гIемер санал кьун руго Закария ХIажиевасе – туснахъалъул 9, 5 бащад сон. Артур Минбулатовасе – 8 сонги 8 моцIги. Шамиль ХIажиевасе – 8 сон, Александр Атапиние – 8, 5 сон. Байбихьуда гьезда цадахъ рехсолеб букIана Хачубег ХIадисовасул цIарги. Гьанже гьечIо. Гьединго байбихьуда абулеб букIана Артур Минбулатовас депутат Худяков вухун гьечIиланги.
Гьеб хIужа ккана 2013 соналъул риидал Москваялда. ЦIех-рехалъул баян рекъон, дагъистанияз депутатасул машина нухлул ракьанде къазабун буго. Цинги жиндие нух кьеян ахIдон вуго дов. Кьеларин чIун руго дагъистаниял.
Худяковас абулеб букIана нуж мекъи унел ругин абидал, автомобилалъуса къватIиреги рахъун бетIер буханила гьез жиндир. Гьеб мехалда жинца байбихьанила гIолохъабаз гьабулебщинаб жо телефоналдеги бахъизе. Гьеб мехалдаги гIодоруссинчIила гьел. ТIадежояллъе дагъистаниял жиндихъа телефон бахъизеянгицин лъугьанила. Амма гьезухъа гьеб бажаричIила. Жив Пачалихъияб Думаялъул депутат вугилан ахIдолеб мехалда нуж, депутаталинха, чIвазе кколел чагIиян ахIдезе лъугьанила гьел жиндеян бицун букIана гьеб хIужа ккун тIоцересел къояз Худяковас журналистазе. Гьелдаса хадув бетIерги бухьун Москваялъул азарханаялда вегизавунги вихьизавуна гьев телевидениялдасан.
Худяковас гIайиб гIунтIизабулел дагъистаниял кквезе щвана Волгоградалде гIагарлъидал. Дагъистаналде нахъруссун рачIунел рукIарал гьел гьенисан Москваялде рачун рачIана хадусел къояз.
ЭР-ялъ гара-чIвари гьабуна Артур Минбулатовасул имгIал ГIабдулалгун. Гьес гIажаиблъи гьабулеб буго Дорогомиловский диваналъул хIукмуялда.
ЭР: «Нужеда ракIалде ккун букIанищ гьезиме гьелщинал санал кьелилан?»
ГIабдула Минбулатов: «БукIинчIо, букIинчIо!! 3-4 сонги кьун тIубалин ккун букIана нижеда гьеб. 8 сонги 8 моцIги кьезегIанасеб хIужа гьеб букIинчIин ккола дида. Нижер мухъалда автоматалъги речIчIун цо чи чIварав чиясе кьун букIана анкьго сон. Гьебщинаб сон кьезе гьеб къоялда Худяковасе гьабураб жо щиб букIараб гьез, гьединго кафеялъул бетIергьанасухъа тIалаб гьабулеб букIараб лъалареб, букIинчIеб лъалареб гIарацги. ГIурусазул миллатчилъи буго гьениб. ТIокIаб батIияб къимат гьелъие кьезе бажаруларо дида. Лъимал руго гьез хьихьизе кколел. Туснахъалда 8 сон базе витIулев гьев гьенисан кин вачIиневали щиб лъалеб, дагьабги квеш ккезе бегьула гурищ? Гьев Артур Минбулатов дида цеве гIурав вас вуго. ЛъикIаб тарбияги щварав чи вуго гьев. Гьесул эмен вукIана дир кIудияв вац, профессор. Дагьалъ цеве МахIачхъалаялда хъачагъаз чIвана гьев».
Худяков Пачалихъияб Думаялъул депутат вукIиналъ кьун ратилин дагъистаниязе гьелщинал соналин абидал, ГIабдула Минбулатовас гьадин жаваб кьуна.
ГIабдула Минбулатов: «Гьеслъидал гьениб провокация гьабун бугеб. Депутат вукIунилан гьесдаги жиндирго бакI лъазе ккелароанищ? Худяковасулги гIадлу гьечIолъи буго гъоба. Депутат вукIунилан бокьа-бокьараб гьабизе ихтияр кьун гьечIо гурищ гъосие?».
ГIабдула Минбулатовас бичIчIизабуна Худяковас эбелалъул цIарги рехсон хъубаб рагIи абун бугин Артур Минбулатовасда. Гьелъ ццим бахъинабун бугин гьесул.
Дагъистаниязул адвокатазда ракIалда буго Дорогомиловский диваналъул хIукмуялда дагIба базе. Живго Худяков процессалда гIахьаллъичIо, адвокатал гурони. Процессги къараб куцалда гьабуна, журналисталги риччачIого.