Украиналъул машрикъалъул рахъалда ругел сепаратистаз хIукуматалъул аскараз ккун ругел бакIазде цо сордо-къоялда жаниб кьвагьиялъул 18 хIужа бугин ва конфликтаялъул зонаялда лукъун вугин ичIго солдатин лъазабулеб буго Украиналъул армиялъул нухмалъиялъ.
Украиналъул «Азов» абулеб жидеего бокьун рагъулезул полкалъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго жидехъе щварал баянада рекъон, сепаратистаз «тIубараб фронталда» гьужум хIадурулеб бугин 10 марталдаса хадубин. Улкаялъул генштабалъги гьел баянал уяллъун гьарулел руго.