Оппозицияв политик Борис Немцов чIваялъул щаклъи бугев кIиго чи ккун вукIин тасдикъ гьабуна Россиялъул цIех-реххалъул комитеталъул официалияв вакил Владимир Маркиница.
Гьесул рагIабазда, гьезда щаклъи буго гьев чIвай хIадуриялъулги, жибго план гIумруялде бахъинабиялъулги.
Гьелда цебе щаклъи бугел кквеялъул хIакъалъулъ лъазабун букIана Россиялъул ФСБялъул нухмалъулев Александр Бортниковас. Гьесул рагIабазда, чIвадарухъаби рукIине бегьула Анзор Кубашевги Заур Дадаевги.
Оппозициялъулав Илья Яшиница лъазабуна, ФСБялъ «баянаб къагIидаялда далилал рачине ккола ккуразул гьеб чIваялде хурхен букIиналъул.
Гьесулго рагIабазда, гьанже «гьелищ яги цогидалищ чIвадарухъаби рукIин, абизе захIматаб жо ккола, щай гурелъул цIех-рехчагIазе мекъал лъалкIал рихьизарун рукIине бегьулелъул».
Оппозицияонерас аслияб жолъун рикIкIунеб буго Немцов чIвазе тIадкъарал ралагьи.