Россиялъул батIи-батIиял хъулухъчагIаз ва информалатаз кьолел руго опоозиционияв политик Борис Немцов 27 февралалъул къаси чIваялда хурхун жидерго версиял, амма абизе ккола гьезул цонигиялъул Кремлалъ бицунеб гьечIин.
ТIоцебесеб версия: Гьеб буго Америкаялъул хIалтIи.
Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ ва цоги тIадегIанал хъулухъчагIаз Немцов чIваялъул гIайиб бугезул цIарал рехсолел рукIинчIо. Гьез абулеб букIана гьеб бугин «жидерго политикиял мурадал тIураялъе гIоло бокьараб жо гьабулел чагIазул ишин».
ГIемерисел россиялъулаздаги цIар рехсечIеб гьеб лъазаби жидеего бокьухъе бичIчIун буго, ва гIадатияб куцалда, гьединал ишал гьарулеблъун гьезда бихьула Америка.
Кремлалъ чанго нухалда гьабун букIана Евромайданал гIуцIиялъул, Украиналда нухмалъи рехиялъул ва гьебго Россиялда гьабизе къасд гьабиялъул гIайибал Америкаялда.
https://www.facebook.com/elena1kovalenko
Интернеталда гьабураб формалияб гуреб цIех-рехалъ бихьизабун буго гьелда гIахьаллъаразул 45 проценталъ Немцов Америкалъ чIванин рикIкIунеб букIин.
https://vk.com/antimaydan?w=wall-41232698_999281
23% абуни рикIкIунеб буго протестал рижинаризелъун жидеразулго цояв чIвазеги разияб букIун батилин оппозицияйин.
Чачан республикаялъул лидер Къадиров Рамзаница Instagramалда жиндирго
гьумералда хъвалеб буго «кинаб букIаниги щакълъи гьечIин Немцов чIваялъул иш магърибалъул хасал хъулухъаз гIуцIун букIиналдайин. Гьел ругин щиб гьабунги Россиялда жаниб конфликт багъаризабизе хIадурал чагIийин».
https://instagram.com/p/zpY3odiRv9/
«Москва бакьулъ чIвана Борис Немцов. АхIвал-хIал хIалуцинабизе бокьарал чагIазул иш буго гьеб. Гьев чIварал чагIазул хьул букIун батула гьев чIваялъул гIайиб тIолабго дунялалъ Россиялъул тIалъиялда гьабизе букIиналда ва гьеб киналъго протестал рижинариялда. КинабгIаги щаклъи гьечIо, Россиялда жанисеб конфликт боркьизе къваригIарал, магърибалъул хасал-хъулухъаз Немцов чIваялъул иш гIуцIун букIиналда. Гьеб буго гьезул къагIида. Гьез чи жидедего гIагар гьавула, гьесие гьереси хьулал кьола, гьев Америкаялъул ва Европаялъул гьудул вугин абула, амма хадуб улкаялъул тIалъиялда гIайибал чIвазелъун гьесул гьавула къурбан. Гьединал ишал гIемерал руго. Гьебго мехалда кIочене бегьуларо Киевалъул Москваялдехун бугеб рокьукълъиги. Гьезул хасал хъулухъазул квераз гьабун батизеги рес буго гьеб. Амма Борис Немцов киданиги вукIинчIо Россиялъе тIалъи гьабизе рес бугев чилъун»,-ян хъвалеб буго Къадировасул гьеб гьумералда.
Гьелда жеги абулеб буго Немцовасде оппозиционер абун цIар букIаниги, хIакъикъаталдаги оппозицияйин абулеб жоялъул лидерлъунги гьев вукIинчIин.
Гьес жиндиего авторитет балагьулеб букIанин гIадамаз гIемер рехсолел политиказул цIаразда хурхун жал-жалги рицун. Гьесие киданиги рекIее гIолеб букIинчIин Чачанлъи цебетIезабизелъун жинца гьабулеб хIалтIи. Амма кин бугониги гьев вугин Россиялъул гражданин ва гьев чIварал чагIиги тамихIалде цIазе кколин хъвалеб буго гьениб. Гьенибго балеб буго Немцовасул эбелалда ва гIагаразда зигараги.
КIиабилеб версия: Гьеб буго исламиял экстремистазул иш.
Россиялъул цIех-рехчагIаз абулеб буго Немцовасе рагьараб хIинкъи букIанин экстремистаздаса, щайгурелъул гьес рагьун какулеб букIанин Франциялъул
Charlie Hebdo абулеб сатирияб даптаралде январалда гьабун букIараб тIадекIанцIийин.
Гьелда хурхинарулел руго Россиялъул информалатаз полициялде мугъчIвайгун гьарулел цо-цо лъазабиялги. Шималияб Кавказалъул Гъайгъай республикаялда регистарция бугеб хъахIаб Lada машина букIанин Немцов чIвараб бакIалдаса гIебеде бихьунин абулеб буго гьезда.
http://sputniknews.com/russia/20150228/1018881337.html
Лъабабилеб версия: Гьеб буго украиназул иш
Немцовас гIемер какулеб букIана Украиналъул машрикъалъул рахъалда бугеб конфликталда Россиялъул гIахьаллъи ва абулеб букIана улкаялда жаниб бугеб кризисалъе гIиллалъунги гьеб гIахьаллъи бугин.
Гьебго заманаялда Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул официалияв вакил Владимир Маркиница абуна гьев чIваялъул гIайиб Украиналда бугин. Гьес абуна конфликталъул кIиябго рахъалда ругин радикалиял пикрубазул гIадамал ва гьединлъидал гьеб гьабизе рес букIанин Украиналъул националистазго гIадин Россиялдехун цIайи цIикIкIарал сепаратистазги.
Цо-цоязул пикруялда Немцов Киевалъул рахъ кколев вукIиналъ Россиялъул тушманлъун рикIкIунелги рукIана Путинил рахъ ккуразда гьоркьор.
Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул къайимлъиялда бугеб Звезда телеканалалъ лъазабулеб букIана Немцов чIваялъулъ Кремлалъул оппонентал-ультранационалист Дмитрий Корчинскиясул ва Украиналъул кваранаб секторалъул бетIер Дмитрий Ярошил гIахьаллъи букIине рес бугин.
«Гьез дагьаб цебегIан лъазабулеб букIана Россиялда ва хасго Москваялда терактал гьаризе кколин. Гьанже бичIчIулеб буго гьеб Россиялда щвезабураб кьаби бугеблъи»-ян абулеб букIана Звезда каналалъ.
http://tvzvezda.ru/news/vstrane_i_mire/content/201503010228-hski.htm
Ункъабилеб версия: Хасаб гIумруялда бараб гIилла.
Немцов чIван хадуб гIемераз интернетсайтаздасан бицунеб букIана гьев жиндир йокьулей жиндехунго юссинаюралъухъ Украиналдаса чияс чIван вугин.
https://www.facebook.com/profile.php?id=100000872784458
ЧIвараб мехалда Немцовасда цадахъ йикIана Украиналдаса модель 23 сон барай Анна Дурицкая.
http://observer.com/2015/03/ukrainian-girlfriend-of-slain-russian-key-to-the-case/
Гьеб къо щвелалде гьез лъабго соналъ цадахъ гIумру гьабулеб букIун буго.