Ссылки для упрощенного доступа

«Багьараб» бюджеталда «рукъи» кин балеб?


Москва, Центробанк
Москва, Центробанк

Дагьаб цебегIан Россиялъул премьер Дмитрий Медведевас лъазабун букIана гIарацI тIокIгьабизелъун улкаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул яги хIалтIухъабазул къадар дагь гьабизе кколин яги гьезул харжал дагь гьаризе кколин. Цо-цо баяназда рекъон, гьеб масъала рагIалде бахъинабизелъун хъулухъаздаса эркен гьаризе рагIала жанисел ишазул министерлъиялъулги изну гьечIого наркотикал рича-хисиялда хадуб халкколеб Пачалихъияб БутIаялъулги хIалтIухъаби. Амма гьел тадбираз бюджеталъе ва гьединго Россиялда жаниб бугеб кризис лъугьиналъе квербакъуларин рикIкIунеб буго экспертаз.

Официалиял баяназда рекъон, Россиялда лъугьараб финансазулабгун экономикаялъул кризисалдаса рорчIизелъун, улкаялъул хIукуматалъ 22 млрд гъурущ харж гьабизе буго исана тIоцебесеб кварталалда. Гьелдаса 10 млрд гъурущ биччазе буго росдал магIишаталде. Исана сон ахиралде щвезегIан росдал магIишаталда кверчIвазелъун 50 млрд гъурущ биччалинги лъазабуна Россиялъул хIукуматалъ.

Гьелдаго цадахъ руго цогидал баяналги. Масала, ТАСС абураб информагентлъиялъ хъвалеб буго улкаялъул бюджет тIокI гьабизелъун хъулухъаздаса махIрум гьаризе ругин жанисел ишазул министерлъиялъулги изну гьечIого наркотикал рича-хисиялда хадуб халкколеб Пачалихъияб БутIаялъулги хIалтIухъаби.

Масала, ЭР-ялъ гара-чIвари гьабуна наркотикал рича-хисиялда хадуб халкколеб Дагъистаналда бугеб Пачалихъияб БутIаялдаса нахъе рехарай цо хIалтIухъаналъулгун. ЭР-сан жиндир цIар абугеян гьарана гьелъ. Жиндир букIанила кIудияб харж щолеб хIалтIи – 60 азаргогIанасеб гъурущ. Исана жидеда лъазабунила Москваялдасан хабар бачIанин цере гIадин кIуди-кIудиял харжал нужее кьезе рес гьечIин гьанже, гьединлъидал киназего харжал тIаса къотIулел ругилан. Гьедин 60 азарго гъурщил бакIалда 15 азарго гъурущги босун хIалтIизе дандеккечIила жиндие. Гьединлъидал хIалтIи балагьизе Москваялде ине ракIалда буго гьей гIаданалда.

КIудияб гIилла-мурадго гьечIого Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдаса нахъе рехарал гIадамал гIезегIан ругин бицана ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Шамилов МухIамадицаги. Низам цIунулел идарабазул махщалилаб цолъиялъул нухмалъулев ккола гьев. Гьезул цо-цоял ругила, масала, Кислицкий Сергей гIадин, батанщинаб гIарацги хвезабун, диваназде гIарзаби хъвалел, адвокатал кколел.

Бюджеталъул гIарац тIокI гьабизе къваригIун букIин бихьулеб гьечIин Россиялъул хIукуматалъ гьарулел жал рихьидалин рикIкIунеб буго Шамилов МухIамадица. Масала, кутакаб хIажалъиги гьечIого Дагъистаналде щай ритIулел чагIийила Россиялъул регионаздаса низам цIунулел? Каранда ралел медал-киласал гурелги, харжида тIадеги гьезие щолила батанщинаб гIарацги. Гьеб бугила пачалихъалъ гIарац хIурудахъ биччалеб гIадаб жо.

ГIадамал хъулухъаздаса нахъе ритIиялдалъун улкаялъул яги республикаялъул бюджеталде тIаде жо бачIинарин рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса экономист ТIайгиб Мусаевас. Щайин абуни цо бакIалдаса эркенлъарал гIадамал, цогиги хIалтIуде росизе рес бугила, яги пачалихъалъ гьезие кумек батIайисан гьабизе ккезе бугила.

ТIайгиб Мусаев: «Гьел чагIи хIукуматалъул (пачалихъалъул – ЭР) кумекалда рараллъун рукIуна щиб гьабуниги. Гьел чагIи кире унел, хIалтIи гьечIого хутIани, центр занятости абураб идараялде уна (хIалтIи балагьулеб центр, гьеб щвезегIан пачалихъалъ чIезабураб гIарацги букIуна гьезие – ЭР). Хъулухъалда рукIаго щолеб гIарцуда бащадаб гьечIониги, цо хасаб къадар гIарцул кьечIого хутIуларо гьениб гIадамазе. Дир пикруялда, батIияб нух балагьизе ккола. Цо заманалда Пачалихъияб Думаялъул депутатазе кьолеб гIарац 10 проценталъ тIаса къотIизе бугин абулеб букIана. ГIемерисел разиго рукIинчIо гьелда. ЛъикI букIинаан щибаб муниципалияб гIуцIиялда, идарабазда ругел хIажат гьечIел хъулухъчагIи нахъе ритIани. Гьезул харжалги цIикIкIарал руго. Гьелъул хIасилги лъикIаб ккелаан».

Улкаялда кризис лъугьиналъе Россиялда жанир киналгIаги гIиллаби гьечIин абуна ЭР-ялъе Дагъистаналдаса политолог ГIабдулнасир Дибировас. Гьел гIиллаби Россия тун къватIирехун рукIине бегьулила.

ГIабдулнасир Дибиров: «Рес буго бюджетги лъутIа-къотIизе, пачалихъиял хъулухъазда гIадамалги дагь гьаризе. Амма гьеб буго бакIалъул хIакимзабаз жидецаго гьабулеб жо, тIасахун кьураб тIадкъай гуро гьезие гьеб. Нагагьлъун гьедин гьабичIого тани, тIасахун гIайиб бачIине гурилан хIинкъиялъ гьабулеб жо буго гьезул гьеб. Гьединго улкаялда жеги цIикIкIун гIадамалги хIалтIи гьечIого хутIун, инфляцияги баккун, тIаде-тIадеги Россиялъул гъурущги учузлъун кризис лъугьани, улкаялда жанир ругел гIиллабаздалъун ккезесеб жо гуро гьеб. Гьедин кризис лъугьунаро. Амма гьелдаго цадахъ рукIине бегьула цойги – субъективиял гIиллабиги, масала, Центробанкалда хурхарал, гьелъ мекъаб политика билълъанхъизабулеб буго. Гьединго хIукуматалъул политика. Гьеле ругел гIиллаби».

ГIадатиял гIадамазулин абуни пикру буго улкаялъул бюджет «багьиялъе» гIилла кколин Украинаялда рукIарал рагъулал лъугьа-бахъинал.

Бюджеталъул гIарац тIокI гьабиялъе гIоло цо-цо идараби, масала, президент Владимир Путиница Россиялдаса гIебеде гIуцIарал федералиял мухъазул хIалтIи гьоркьоб къотIизабизе бегьулин абураб пикру загьир гьабулеб буго ахираб заманалда Дагъистаналда. Гьедин Шималияб Кавказалъул федералияб мухъалда тарав президентасул вакил Сергей Меликовги Россиялъул къанун цIунулел яги рагъулал тIадегIанал идарабазде вачунев вугилан абулеб буго. Амма жалго гьел федералиял мухъал риххизаризе ругин абураб пикруялда тIадрекъолев гьечIо политолог ГIабдулнасир Дибиров.





XS
SM
MD
LG