Америкаялъул пачалихъияв секретарь Джон Керрица Женеваялда итни къоялда байбихьана Ираналъул атомияб программаялда хурхун гьеб улкаялъул делегациягун кIиго къоялъулал кIалъа-ралъаял. Гьел байбихьилалде цебе Пачалихъияв секретарас абуна кIиябго рахъалда гьоркьор пикраби дандекколарел гIемерал бакIал ругин.
Гьес гьединго абуна президент Барак Обама хIадурав вугин, Ираналъ жидер атомияб программаялъул ракълилаб хасият букIин бихьизабулел далилал цере лъечIони, гьел кIалъа-ралъаял къотIизарейин абизейин.
Гьел кIалъа-ралъаяз рачине ккола Ираналда ва магърибалдаса партнеразда гьоркьоб 31 марталда кьочIолаб къотIи хъвалелде рахъазда гьоркьор ругел киналго рагIирекъонгутIиял нахъе гьариялде.
Гьел кIалъа-ралъаязда Ираналъул делегациялъе бетIерлъи гьабулеб буго улкаялъул къватIисел ишазул министр Джавад Зарифица. Америкаялъул рахъалдасан гьезда тIоцебесеб нухалда гIахьаллъулел руго улкаялъул энергетикаялъул министрги «техникиял экспетазул къукъаги».