«Справедливая Россия» партиялъул Дагъистаналъул бутIаялъул нухмалъулев ХIажимурад ГIумаров вухун вуго Дагъистаналда.
Информалатазул лъазабиязда рекъон, гьеб лъугьа –бахъин ккун буго партиялъул регионалияб бутIаялъул нухмалъулев вищулеб конфренция унеб мехалда.
Гьеб лъугIунеб мехалда минаялда жаниб бомба бугин абун, конференциялъул гIахьалчагIи къватIире къотIун руго полициялъулаз. Гьеб мехалдаго жал щалали лъаларел гражданияб ретIел ретIарал гIолохъабаз вухIун вуго ГIумаров.
Гьеб хIакъикъаталдаги кканин низам цIунулезул беразда цебейин лъазабулеб буго нугIзабаз.
Журналист Милрад Фатуллаевас лъазабуна, гьеб кколин оппозициялъулав хIинкъизавиялъул актин.
Интернеталда лъураб видеоялда, живго ГIумаровас лъугьа-бахъаралъул мухIканлъаби рицунел гьечIо, амма, ишара гьабулеб буго гьеб республикаялъул нухмалъиялда хурхен букIине бегьулеб акт кколин.
Гьесулго рагIабазда, гьев цIидаса вищун вуго «Справедливая Россия партиялъул Дагъистаналъул бутIаялъул лидерлъун.