Ссылки для упрощенного доступа

Россиялде данде санкцияби дагьалъги хъачIлъизариялде сенатораз ахIулев вуго СШАялъул пачалихъияв секретарь


Кьвагьдей чIезабиялъул къотIи-къай хвезабун, сепаратистаз Дебальцево шагьар бахъиялъе гIоло Россиялде данде санкцияби хъачIлъизариялде ва Украиналъе яргъил кумек гьабиялде пачалихъияв секретарь Джон Керри ахIулев вуго Цолъарал Штатазул кIиябго партиялдаса сенаторазул къокаялъ.

Керрихъе битIараб кагътида сенатораз лъазабулеб буго «заман щун бугин Украиналъе жалго цIуниялъул ярагъ кьезе ва тIадеги санкцияби лъазаризе, гьебги щиб Россия SWIFT абураб финансазул системаялдаса махIрум гьабиялде щун.

Кагътида гъоркь гъулбасал лъуразда гъорлъ руго демократ Дик Дурбин ва Рагъул къуватазул ишазда сверун комитеталъул нухмалъулев Джон Маккейн.

Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца биччалеб буго Украиналъе яргъил кумек гьабизе бегьиялъул шанс.

ХъахIаб рукъалъул официалияв вакил Джош Эрнестица лъазабуна, сепартистаз тIоритIулел рагъулал операцияби хираго чIезе ругин ахирисезе кумек гьабулеб Россиялъейин.

XS
SM
MD
LG