Ссылки для упрощенного доступа

Дебальцево: щиб хисулеб бугеб?


Артемовск-Дебальцево нух. 15 февраль 2015 сон
Артемовск-Дебальцево нух. 15 февраль 2015 сон

АрбагI къоялда Украиналъ байбихьана Дебальцевоялдаса аскарал нахъе рачине. Гьенир хварал ва лъукъаразул къадаралда хурхун конфликталда ругел рахъаз кьолел тарихал цоцаздаса гIемерго батIи-батIиял руго. БатIияб буго рахъаз гьеб операция унеб бугеб куцалда сверун кьолел баяналги.

Дебальцевоялдаса Украиналъул армия нахъе бачунаго хун вуго 40 солдат. Гьедин улкаялъул телевидениялдасан лъазабуна Артемовск шагьаралъул азарханаялда хварал лъолеб бакIалъе ай могралъе нухмалъи гьабулес. Гьесул рагIабазда рекъон, гьенире росун рачIунезул къадарги лъугIун букIинчIо арбагI къо къалилелдеги.

Дебальцевоялдаса нахъе унаго лъукъаразул къадар 100-ялдаса цIикIкIун буго. Гьедин лъазабулеб буго Эркенлъи Радиоялъул украиназул хъулухъалъул мухбирас.

Гьелдаса цебе Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабун букIана хIукуматалъул аскарал Дебальцевоялда нахъе рачиналъул иш лъугIулеб бугин. Гьесул рагIабазда рекъон, гьенив лъукъун вукIун вуго 30 чи.

АрбагI къоялда Порошенко щвана Донбассалде улкаялъул аскариязул хасаб операция унеб бакIалде.

Гьенисаго рачIунел баяназда рекъон, «Донбасс» батальоналъул рагъулазул цо колоннаялде сепаратистаз танкабаз кьвагьун буго ва армиялъул артиллериялъ гьезде данде кьвагьунги буго, гьенир лъукъарал ва хварал нахъе росулел руго.

Сепаратистаз кьолел баянал дагьалго батIиял руго. Гьез абулеб буго Дебальцевоялда рукIарал рагъазда хванин Украиналъул армиялъул 2000-ялдаса 3000-ялде щвезегIан чийин. Гьеб баяналъе Киевалъ комментарий кьолеб гьечIо.

Украиналъул машрикъалъул рахъалда ругел сепаратистаз лъазабулеб букIана Дебальцевоялда рагъал халат рахъунел ругин. Гьез жидерго интернет-сурсатазда хъвалеб букIана Украиналъул аскарияз цоцаздаса бергьун ярагъ жидехъе кьолеб бугин.

НАТОялъул генералияв секретарь Йенс Столтенбергеница арбагI къо (18 февралалда) Ригаялда Евроцолъиялъул улкаби цIуниялъул министразулгун букIараб формалияб гуреб данделъиялда журналистазде абуна Дебальцевоялда Россиялъ гьаб заманалъулаб ярагъ хIалтIизабунин.

Йенс Столтенберг: «Украиналъул машрикъалъул рахъалда нилъеда бихьулеб буго захIматаб ва къо бахъанагIан хIалуцунеб бугеб ахIвал-хIал. Нилъеда бихьулеб буго кьвагьи чIезабиялъул низам гьениб цIунулеб гьечIолъи. Дебальцевоялда Украиналъул къуватазе гьужум гьабизе гьез хIалтIизабун буго гьаб заманалъулаб ярагъ».

Гьес Россия ахIулеб букIана машрикъалъул Украиналдаса киналго аскарал нахъе рачине ва гьенир ругел сепаратистазе гьабулеб кверчIвай чIезе тезе.

Йенс Столтенберг: «Дица Россия ахIулеб буго машрикъалъул Украиналдаса киналго аскарал нахъе рачине ва гьенир ругел сепаратистазе гьабулеб квер-чIвай чIезе тезе. Гьединго Минскалъул къотIиязул адаб гьабизе ва кьвагьи чIезабизелъун сепаратистазе кIванагIан кIудияб тIадецуй гьабизе».

Столтенбергица абуралда рекъон, НАТОялъ Украиналъе гьабулеб политикияб квер-чIвай гьоркьоб къотIизабизе гьечIо. Гьез гьединго рахъ кколеб буго Украина лъидаго бачIеб букIиналъул ва гьелъул територриалияб цолъи цIуниялъул.

Гьесул рагIабазда рекъон, НАТОялъ Украиналъе гьабизе буго улка цIуниялъул рахъалъ модернизация гьабиялъулъ ва армиялда реформаби гьариялъулъ кумек. Столтенбергица гьединго абуна жидеца жидерго улкаби цIуниялъул рахъги гьанжесел шартIазда рекъезаризе ругин, щайгурелъул Украиналда Россиялъул агрессивияб политикаялъ Европаялдаго хIинкъи цIикIкIинабулеб букIиналъин.

XS
SM
MD
LG