Ссылки для упрощенного доступа

Азербайжаналъул консуллъи рагьизе рагIула Дагъистаналда


Дербент. Азербайджаназул драмтеатр
Дербент. Азербайджаназул драмтеатр

Дербенталда Азербайжаналъул консуллъи рагьизе бугилан лъазабуна гьал къоязда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас гIорхъаби цIунулезулгун букIараб дандчIваялда. Гьелъ бигьалъи гьабизе бугин кIиябго рахъалде хьвадулел чагIазеян абуна гьес.

Амма жеги бичIчIулеб гьечIо лъил бюджеталдасан гьеб консуллъиялъе гIарац биччазе бугебали, Азербайжаналъул консуллъийин цIар батани, доз биччазе кколин абуна ЭР-ялъе «Яблоко» партиялъул Дагъистаналда вугев вакил Альберт Эседовас.

Азербайжаналда гIумру гьабулел дагъистаниязе къваригIараб гьединабго идара доба рагьизе щайин республикаялъул тIалъиялъ квербакъуларебин тIаде жубана Эседовас.

Альберт Эседов: «Щиб, Дагъистан Россиялдаса батIа тIезабунищ бугеб гьаниб консуллъи рагьизе ккани? Буго гурищ къватIисел ишазул рахъалъ жиндирго гIуцIиги (МИД) вакиллъиги щибаб бакIалда? Гьеб буго Москваялдаги. Бакуялдаги буго. Кивехунго гьезул чиги вуго вакиллъун. Гьединисан босани, Дагъистаналъул гьечIо жидерго гIарзагун ине бегьулеб бакI. Гьа, щиб къваригIунха Дагъистаналдаги гьез вакиллъи рагьулеб бугеб, лъица гьел гьанир къварид гьарулел ругел? Къокъ гьабун абуни, лъиданиги магIна бичIчIулареб идара рагьизехъин буго гьес Дербенталда».

ЭР: «Дагъистанияздасаги азербайжаназе цIикIкIун пайда букIиниланищ рикIкIунеб дуца гьеб консуллъи рагьиялдаса?»

Альберт Эседов: «Пайда гьелъул лъиениги букIине гьечIо. Гьеб буго гIадада гIарацги харж гьабун рагьулеб идара. Гьеб релълъунеб буго Дагъистаналъул ункъо мухъалда Дагъистаналъул нухмалъулес жиндирго вакилзаби теялда. Гьеб хIалтIуцIаги щибниги пайда кьечIо гури. Абулеб букIана гьел вакилзаби ругебгIан мехалъ цIикIкIун информация щвезе бугин мухъаздасаян. Буго гури информациялъул ва печаталъул рахъалъ тIабараб министерлъиги, миллиял ишазул рахъалъги министерлъиги, гьезул щибазда тIад лъурал масъалабиги. Гьелги рукIаго сундуеха гьел мухъазда вакилзаби къваригIун ругел? Гьебго жо абизе бегьула консуллъиялъул рахъалъги».

Амма миллияб политикаялъул ва къватIисел ишазул министр хисулев Зикрула Илясовасул пикру гьадинаб буго.

Зикрула Илясов: «Консуллъи кIиябго рахъалъе пайдаялъе хIалтIизабизе бегьула. Дида жеги мухIканго лъаларо гьелъул, амма Азербайжаналъ рагьулеб батани гьеб, гьезго кьезе ккола гьелъие гIарацги».

Бадрудин Ибрагьимов вуго ЦIоралда гьавурав, гIурав чи. Гьесда ричIчIуларел гIиллабазда бан ахираб заманалда гьев Гуржиялде виччалев гьечIо. Гьединаб ахIвал-хIалалде ккарал гIадамазе хIажалъизе бегьулин консуллъи гIадаб идарайин рикIкIунеб буго Бадрудиница.

Бадрудин Ибрагьимов: «Азербайжаналдаса гIебеде къваригIел бугев чи ихтияралда яги цогидалда хадур Москваялде щвезегIан инчIого чIезе рес букIина гьелъул. Гьединлъидал консуллъи рагьиялъулъ квешлъи яги зарал бихьулеб гьечIо дида. Масала, гьале дун Гуржиялде виччалев гьечIо. Щаяли мухIканги гьабулеб гьечIо доз. Гьелъие гIилла цIехон дун Москваялде Швейцариялъул посольство бугеб бакIалде щвезегIан ине кколев вуго, Гуржиялъ дие официалияб жаваб кьеян гьарун. Гьединалго суалал гIемер ратизе руго Азербайжаналда, Закаталаялда, гIемер ратула. Гьенир ругелъул нилъер чагIи – магIарулал, лезгиял».

ПалхIасил, дагъистаниязул цогидаб къокъаялъул пикру буго Азербайжаналъул консуллъи Дагъистаналда рагьани, жидерабго билълъинабизе лъугьинин азербайжаналъулал абун. Щайин абуни гьел церегоялдаса къеркьолел ругила щиб гьабунги Дербент жидедехунго буссинабизе. Гьединго махIачхъалаялъулаз ракIалде щвезабулеб буго чанго соналъ цебе азербайжаналъулаз гьабураб хIалбихьиги. Азербайжаналъул вакилзабазе бокьун букIун буго жидерго вакиллъи ГIазиз ГIалиевасул цIар лъураб къотIноб рагьизе. Советияб заманалда Азербайжаналъул ТIадегIанаб Шураялъул вукIарав нухмалъулев ккола гьев. Амма гьеб къватI къачIазе азербайжаналъулалги тIамун, МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировас инкар гьабун бугила гьеб хIукмуялдаса.

XS
SM
MD
LG